Аслияб гьумералде

Инсанасул ризкъиги хъантiиги

Инсанасул ризкъиги хъантiиги

Дунялалда гIумру гьабулаго аслияб къуват нилъеца кьолеб буго дунялалъул магIишат тIалаб гьабиялде. Гьеб щолеб бугони макьуги кIочона, свакги рагIуларо. Гьеб тIалаб гьабиялъулъ кинабгIаги яхIнамус, божилъи, гIаданлъи, рагIуе хилиплъунгутIи ва цогидабги лъикIабщинаб кIочон, гьелда хадур хачадилел хутIула.

Лъаларо, ракъун хутIилин абураб хIинкъиялъищ яги халатаб хьулалъищали, нилъеца бакIарулеб магIишаталъе гIурхъирахъго букIунаро. Исламияб диналъул ахIкамазде раккани, гьениб бицунеб батIияб буго. Инсанасул рухIал рижилалдего бижун бугин абулеб буго гьезие букIине бугеб ризкъи. КигIан нилъ хадур лъугьаниги нилъее азалалда хъвараб гурони ризкъи щвеларин буго. ТIадегIанав Аллагьас халкъалъул рухIал рижана чурхдул рижилалде ункъазарго соналъ цере. Ризкъиги бижана, ай щибаб рухIалъе, рухIал рижилалде ункъазарго соналъ цебе, БетIергьан Аллагьасда жинца ризкъи гьарулесеги, гьаруларесеги батIалъи гьечIого.

Къуръаналда БетIергьанас абулеб буго: «Дица цониги рухI бугеб жо бижичIо гьелъие ризкъи бижун гурони», - ян. Щибго хадурго лъугьинчIониги хъвараб ризкъи щвечIого чи хутIунгутIиялъе мисал буго ургьив вугеб заманалда ва жиндаго магIишат гьабизе лъазегIан берцинго гьев хьихьи. Гьединго балагье гIалхул хIайваналъухъ. Гьелъие мисалалъе бачина Анасица бицараб хIадис: «Дун вахъана свалат-салам лъеяв Авараггун цадахъ Мадинаялъул гIалхуде.

Дихъ букIана лъимги, свалат-салам лъеяв Аварагасе какичуризеян босараб. Цинги Расул лъугьана цо кIкIалахъе. Гьениса бетIерги тIаде борхун, диде квер хьвагIана. Дун гьениве щвана. Гьениб бугоан гъотIода чIараб цо хIинчI, жиндир гозо гъотIода кIетIезабулеб. Цинги свалат-салам лъеяв Расулас абуна: «Дуда лъалищ гьадаб хIинчIалъ щиб абулеб бугебали? - ян. Дица абуна лъаларин. Гьеб мехалда свалатсалам лъеяв Расулас абуна: «Гьадалъ абула буго: “Я дир Аллагь! Мун гIадилав, зулму гьечIев вуго.

Дир бадиб канлъиги гьечIо, дун бакъунги буго, дие кваназе жо кье”, - ян. ГьебсагIаталда бачIун цо гарцI, гьелъ гьакIкIан букIараб гозоялде гьоркьобе лъугьун ана, хIинчIалъ гьебги кванана. Гьанже лъугьана хIинчI гозоялъул кIиябго рахъ цоцалъ кьабизабизе. Гьанжеги абуна свалатсалам лъеяв Расулас: «Дуда лъалищ долъ щиб абулеб бугебали?».

Лъаларин дицаги абуна. Цинги свалат-салам лъеяв Расулас абуна: «Долъ абулеб буго щив чи вугониги БетIергьан Аллагьасде таваккал тIамун, Аллагьас гьесие гIей гьабула. ТIадегIанав Аллагь рехсон щив чи вугониги, гьев чи Аллагьасда кIоченеги кIочонаро», - ян. Хадубги абуна свалат-салам лъеяв Аварагас: «Я, Анас! Щив чиха кколев гьалдаса хадувги ризкъиялда щаклъулев», - ян.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...