Аслияб гьумералде

БахIарчияв имам

БахIарчияв имам

ГьитIинаб Дагъистан,

Дагьаб дур миллат,

Дунялалда дуца

РагIизабуна.

 

ГIагараб ракьалъул

Эркенлъи цIунун,

Лъебералда кIиго

Соналъ къеркьана.

 

Къоло щуго соналъ

Имамлъи гьабун,

Гьабуна гъазават

Зулмуда данде.

 

Бихьана гIемераб

ГIакъуба, захIмат.

Ракъи-къеч хIехьарал

Къоял камичIо.

 

Кинабго халкъ гуро

Хадуб билълъараб.

РукIана росаби

Данде рахъарал.

 

Мунапикъзабазул

Къокъаялда гъорлъ,

Ункъазаридаса

ЦIикIкIарав гIадан.

 

ГIурус пачаясул

Аскаралдаги,

ГIемерал солдатал,

Офицерзаби.

 

Гулла-хер, гIарада,

Кванил нигIматал,

Кинабго гьарзаго,

Гьезул гьаказда.

 

Гьеб къуватаб бода

Данде къеркьолел,

Къадар дагьаб буго

Гъазизабазул.

 

Дин-ислам, эркенлъи,

ЦIунун рагъулел,

Муридазе къуват -

Бичасул рахъалъ.

 

РукIана гIемерал

ГIасиял рагъал,

Ругъназда чIорто къан,

Къеркьей гьабулел.

 

Аллагьу акбарин

Гьаракьги гьабун,

Гьужумалъ унаан

Бер къапичIого.

 

РечIчIулеб гуллида

Дандеги рортун,

Дандиясул горболъ

Кьабулеб ханжар.

 

Хвалил ургъел гьечIо

Муридзабазе,

Гъурун тушман вазе,

Бугеб гъираялъ.

 

Гъазизаби руго

Бодулъ речIчIулел,

Рехъадулъ речIчIулеб

ГъалбацI гIадинан.

 

БахIарчияв имам,

Аллагьасул лагъ.

Ругъназул черх цIурав,

Рагъул багьадур.

 

Бичас мун вижана

Дагъистаналда,

Дин-ислам цIунизе

Дурго ракьалда.

 

Ахирисеб дур рагъ

Гъуниб магIарда,

Рекъел гьоркьоб гьабун,

Гьениб лъугIана.

 

Мун кверде анилан,

Абулеб агьлу,

Ургъун гьел кIалъани,

ЛъикI букIинаан.

 

Кверде унев чияс

Кверал рорхула,

Кодоб бугеб ярагъ,

ГIодоб рехула.

 

Хадуб гьесул кверал

Мугъалда нахъа,

Нахъасан солдатас

Цеве къотIула.

 

ТIад борчараб ярагъ

ТIаса бахъичIев,

БахIарчияв имам

Асир вукIинчIо.

 

Дуца цере лъурал

Киналго шартIал,

ТIурана пачаяс

ЦохIо течIого.

 

ГIемерал сонаца

Данде вагъарав,

Дур хIурмат гьабуна

Доб Россиялда.

 

Жиндирго кIалгIадухъ,

Чугуевалда,

Пачаяс къвалги бан,

Убач гьабуна.

 

Изну кьуна дуе,

Дур рокьи ккараб,

Макка-ХIарамалде

ХIежалде ине.

 

ХIабибасул Равза,

Мун гIащикълъараб,

Зияраталъ ана,

ДугIа гьабуна:

 

"Гьарурал дир ишал,

Диналъе гIоло,

РацIцIадал ратани,

Те цо гIаламат".

 

Бегьун бачIана квер

Хабалъа къватIиб.

Хирияб квералда

Убач гьабуна.

 

Гьединаб даража

Дуе гурони,

РахIманасул рахъалъ

Лъиего щвечIо.

 

Гьелдаса гIемерго

Заман иналде,

Унти тIаде бачIун,

ЧIаголъи хвана.

 

Халикъасде вуссун,

ГIодун гьарана,

Гьабе, Аллагь, насиб

БакъигIалда хоб.

 

БетIергьанас гьари

ТIубазе гьабун,

Босана Шамилил

РухI Мадиналда.

 

Расуласул имгIал,

Инсул рахъалъан,

ГIабасил къубада

Нахъа вукъана.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...