Аслияб гьумералде

Бусурбабазулгун гьоркьоблъи

Бусурбабазулгун гьоркьоблъи

Бусурбабазулгун гьоркьоблъи

КIиго бусурбанчиясда гьоркьоб, гьез цоцазул тIуразе кколел хIакъал рукIиналде, тIоцебесеб иргаялда, тIоритIел гьабула ТIадегIанав Аллагьасул каламалъ.

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго, муъминзаби вацал руго, нуж вацазда гьоркьор берцинго ва лъикI рукIа, Аллагьасукьаги хIинкъа, нужго хвасарлъизе рукIине», - ян.

Гьединго Бичасул аварагасул кьучIаб хIадисалда буго: «Бусурбанчиясул цоги бусурбанчиясда тIад щуго хIакъ буго: салам буссинаби, унтарасде зияраталъ ин, хварасул жаназа нуха регIизе ин, ахIараб мехалъ жаваб гьаби, чинхъидал жаваб гьаби», - ян (Бухари).

Цоцазул цIунизе тIадал хIакъаздасан ккола салам буссинаби. Гьеб тIадаб буго. ГьабичIони, мунагьалде ккола. Салам кьезе суннатаб буго. Цо жамагIаталъе салам кьуни, цояс буссинеги гьабуни, парз тIаса борхула киназдасаго. ТIаде вачIарас гъоркь ватарасе кьезеги рекъараб буго салам. ГьитIинас кIудиясеги кьела. РекIарас лъеласеги кьела.

Унтарасухъе зияраталъ ин Аварагас абуна: «Диналъул вацасухъе зияраталъ арав чи, нахъвуссинегIан алжаналъул ахикь вукIуна», - ян.

Амма унтарасе зарал кколебгIанасеб мехалъ аскIов вукIинаро. Гьесие бокьун букIин лъани, мех бахъила. Гьесие лъикIаб дугIаги гьабила, сабруялдеги ахIила.

Жаназа нуха регIи.

Сон нилъеда гьоркьов вукIарав диналъул вац хведал, гьесул жаназа нуха регIизе ин, гьесул хIакъ цIунилъун ккола. Гьесда хадуб жаназадул как бала ва мунагьал чурагиян дугIа гьабила.

АхIаралъуве вачIин.

Диналъул вацас ахIидал жаваб гьаби, гьесул хIакъ цIуни ккола. Амма шаргIалда данде кколареб пиша гьениб букIунеблъи лъалеб бугони, гьеб дагь гьабизе яги къотIизабизе хIалги кIолеб гьечIони, инаро. Аллагьасде гIасилъулеб жоялъулъ лъиениги мутIигIлъи букIунаро.

Чинхъарасе жаваб гьаби.

Чинхъарас абила «АльхIамдулиллагь» абун. АскIов вугес гьесие жаваб гьабила «ЯрхIамука ЛЛагь» абун. Гьес жавабалъе абила «Ва юслихIу балака» абун. Щибаб рагIи рикIкIун гьезие кири хъвалинги буго тIахьазда.

НасихIат гьаби.

Нилъеда бихьани диналъул вацас рекъечIеб иш гьабун яги кинаб букIаниги насихIаталъе бакI бугеб хIал, гьесие берцинаб насихIат гьабиги буго гьесул хIакъ цIуни. Амма насихIат гьабулебиланги абун гьев къватIив чIвазавизе бегьуларо. Гьелъул гIаксалда, вахчила.

Аварагас абун буго: «Щив чи вугониги жинца бусурбанчи вахчарав, Аллагьас гьевги вахчизавила дунялалдаги ахираталдаги», - ян.

НасихIат гьабила аскIов чи гьечIеб бакIалда. Берцинаб каламалдалъун. Гьесул ракI тIуризабулеб каламги гьабиларо. Къабул гьабеян абун хIалги гьабиларо. Гьелъул пикру жинцаго гьабизе тела. ХIал гьабиялъ дагIбаялде бачине рес буго.

Аллагьас кумек гьабеги бицараб битIун бичIчIизе ва гьелда гIамал гьабизе.

СУЛАЙМАН САЙГИТОВ, ГУНИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...