Аслияб гьумералде

Балагьал тiаде цiалел пишаби

Балагьал тiаде цiалел пишаби
Аварагасдасан ибну ГIабасица бицана: «Нижедехунги вуссун аварагас абуна: «Ва гьал данделъарал мугьажирал! Щуго пиша, гIамал буго нуж, ай уммат жидедалъун балагьалде ккедал, дицаги БетIергьан Аллагьасде гьарулел, нуж гьезулъе ккогегиян. Гьелги ккола: тIоцебесеб – къавмалъулъ зина киданиги загьирлъичIо, тIибитIичIо, гьеб къавмалъулъ тIагIун ва цоги батIи-батIиял, цере аразулъ жал рукIинчIел унтаби раккун гурони».

Халкъалъулъ цере рукIинчIел, дару гьечIел унтаби раккиялъе гIилла сабаблъула халкъалда гьоркьоб зина тIибитIи, гьеб загьрилъи. Гьеб жакъа нилъеда бихьулебги буго. Къойидаса къойиде цIикIкIун гурони, тавбуялде руссине, кантIизе къасд бихьулеб гьечIо. Лъида щиб малъилеб? Лъица гIадлу гьабилеб?

Гьединго цониги къавмалъ даран-базаралда, бича-хисиялда аскIоб ками гьабичIо жидеде ракъдаллъи щун, бетIербахъи, магIишат гьаби захIмалъун, султIанас, ай ханас жидеда зулму гьабун гурони. Даран-базаралъулъ хиянат-рекIкI гьабулел! Нужер хиянат сабаблъун бихьулищ халкъалде тIаде бачIунеб бугеб къварилъи. Нуж гIодулеб къо бачIине буго, тавбу гьабун руссани – нужерго талихI.

Пуланаб къавмалъ боцIи-малалдаса закат нахъчIвачIо, БетIергьан Аллагьас жидее зодоса цIад къотIун гурони, ай цIад къотIиялъе сабаблъун ккола закат бахъунгутIи. БоцIи-панз букIун, ай гьезда гурхIун гуребани, цIад базеги букIинчIо.

Цониги къавмалъ БетIергьан Аллагьасе ва Аллагьасул Расуласе гьабураб къотIиги биххичIо, гьелдалъун БетIергьан Аллагьас жидеда тIаде жал гурездасан тушман тIамун ва гьезухъа цо къадар боцIи бахъун гурони. Гьединго аиматаз Къуръаналда рекъон хIукму гьаби течIо, жидеего бокьараб тIасаги бищичIо, гьелдалъун БетIергьан Аллагьас гьел цоцалъ рагъизе, цоцаца чIвазе тIамун гурони», - ян.

Хал гьабеха, бусурбаби Аварагас рицун тарал хIадисал лъугьун, беразда рихьулеб ругеб куцалъухъ! Абизе жо гьечIо, хIукму Аллагьасул буго. ГIаламалъул гIамалал рижаравги Живго БетIергьан Аллагь вуго. Амма нилъецаян абуни БетIергьан Аллагьас нилъеего кьураб ихтияралдаса пайда босулеб гьечIо. Лъицаха хIал гьабула бугеб гьаб ракьалда тIад пасатго хьвадеян? Умумул, нуж кантIе, мугIрузда барти-чуял гIадин нужецаго риччан тарал нужерго лъималаз, Къиямасеб къоялъ нужги жужахIалъуре ритIун, жалго хвасарлъи тIалаб гьабизе букIиналде!

КантIизе мех нилъее цебего щун буго, бицунеб хабаралъул щиб пайдаха бугеб? БетIергьан Аллагьасе щивав инсанасул балъгояб жо гьечIо. Нилъеца гьабулебги Досда бихьула, бицунебги рагIула, ракIалъул хивалалги лъала. Амма Дов гIедегIуларо, кида-къадги Жинде руссинчIого, Жинда цере чIечIого тIураларел рукIиналъ, нилъ риччан тун руго бокьухъе хьвадизе. Тавбу гьабурасул гьеб къабул гьабизеги БетIергьан хIадурав вуго. Нужецаго нужго цIадаре рачIого, русса, бусурбаби, тавбуялде!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...