Аслияб гьумералде

ХIукуматалъул нухмалъулес гIуцIана

ХIукуматалъул нухмалъулес гIуцIана

ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас жиндаго тIаде босун букIана Шамилхъалаялда ифтар тIобитIиялъул тадбир.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Унсоколо районалъул жамагIаталъ ва мадугьалихъ ругел росабалъа рачIараз. Кинабниги азаргогIанасев чияс кIалбиччана гьеб къоялъ Шамилхъалаялда.

«Хасго рамазан моцIалъ нилъ цоцазда тIаса лъугьинеги нилъеда гьоркьоб букIараб бичIчIунгутIи кIочон тезеги ккола. Гьаб буго нилъ киналго цадахъ рукIине кколеб заман. Дица БетIергьанасда гьарула, рамазан моцIалъул хIурматалда, Дагъистаналде баракат рещтIинабейин ва рагъ-кьалаздасаги питнабаздасаги нилъги нилъер ракьги цIунун хутIагийин абун», - ян бицана кIалъазе вахъарав ДРялъул хIукуматалъул председателас.

Гьединго гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовасги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...