Аслияб гьумералде

Муфти дандчIвана патриарх Кирилгун

Муфти дандчIвана патриарх Кирилгун

Муфти дандчIвана патриарх Кирилгун

29 октябралда Москваялъул ва тIолабго Русалъул патриарх Кирилгун дандчIвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди.

Гьез борхараб цо масъалалъунги букIана цIалул идарабазда лъималазул ва гIолилазул ретIа-къаялъул суал.

Шайих АхIмад-афандица Кирилида гьарана Россиялъул бусурбабазе рахIат толарого бугеб гьеб масъала тIубазабиялъе квербакъи гьабейилан абун. Гьениб лъикIаблъун бихьизабуна тIолалго школазе цо гIаммаб ретIел бугони лъикIаб букIинаанин ва ботIрода кIаз къаялъе квалквал гьаби гьукъизе ккелин абун. Гьеб пикруялъул рахъ ккуна патриархасги.

Рехсараб дандчIваялда Кирилица шайих АхIмад-афанди кIодо гьавуна «Слава и Честь» абураб орденалдалъун.

Тадбиралда, гьединго, гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас ва МахIачхъалаялъулгун Грозниялъул архиепископ Варлаамица.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...