Аслияб гьумералде

Татарстаналъул муфти: «Европаялъулазда кIвезе гьечIо Къуръан тIагIинабизе»

Татарстаналъул муфти: «Европаялъулазда кIвезе гьечIо Къуръан тIагIинабизе»

 

 

Швециялъул тахшагьаралда цо пуланал чагIаз Къуръан бухIиялда бан Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллиница лъазабуна гьеб ишалъе букIине кколеб къимат кьунин нилъер улкаялъул церехъабаз ва гьединал жал Россиялда киданиги рукIинеги гьечIин абун.

«Европаялъулаз бихьизабулеб буго жидерго кIигьумерчилъи. Гьел нилъеца мисал босизе кколел чагIиги гуро ва гьезда киданиги кIвезеги гьечIо Къуръан тIагIинабизе.

Бусурбанчиясе Къуръан буго гIумруялъул магIна, аслияб ТIехь. Цо тIехь бухIунин абун гьединазда ракIалде кколеб батани жидеца бахIарчилъи гьабулеб бугин абун, гьеб буго гьезул лъавукълъи. Нилъин абуни гьединазда киданиги релълъун рукIине гьечIо. Гьеб буго гьез жидеего гьабулеб бугеб зарал. Къуръан бухIиялдалъун гьезда ракIалде кколеб батани исламалъе зарал гьабулеб бугин абун, гьенирги гьел мекъи кколел руго. Гьез зарал гьабулеб буго жидеего. Гьез бихьизабулеб жо буго бусурбабаздехун бугеб жидерго рокьукълъи. Инсанияталъул къиматал рахъазул бицунел гьел гIадамалги ккола гьерсихъаби», - ян абуна Камил-хIазрат Самигуллиница.

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...