Аслияб гьумералде

Рикьи гьабулезе кьварараб жаваб

Рикьи гьабулезе кьварараб жаваб

МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул минаялъуб, республикаялъул бетIерасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана миллатазда ва диназда гьоркьосел масъалабазул бицараб данделъи.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясги.

Республикаялда парахатаб ахIвал-хIал букIинабиялъе бахъулеб бугеб хIаракаталъухъ диниял ва жамгIиял хIаракатчагIазе баркалаги кьолаго, Сергей Меликовас абуна:

«Нилъее чара гьечIого хIажат буго хадубккунги вацлъиялъулал ва гьудуллъиялъулал гьоркьорлъаби цIунизе. Нилъ рукIине ккола ватIаналъул патриоталлъун, цоцазе кумек гьабулеллъун ва щивасда бичIчIизе ккола республикаялъул букIинеселъул жавабияллъун рукIин», - ян.

Шайих АхIмад-афандица кIвар буссинабуна экстремистазулаб идеология тIибитIизе биччангутIиялде ва бицана гьелъул заралалъул хIакъалъулъ.

Сергей Меликовас баркала загьир гьабуна ДРялъул муфтиясе чIванкъотIараб хIалтIи гьабулеб букIиналъухъ ва абуна дагъистаниязда гьоркьобе ракьа рехулезе кьварараб жаваб кьезе букIиналда щибго щаклъи гьечIилан.

«Жакъа нилъеда бихьулеб буго республикаялъул ва улкаялъул тушбабаз муфтияталде гьабулеб бугеб тIадецуй. Гьединазда кколеб рагIи абизе буго ва гьединалгун цадахъ нилъ инеги гьечIо», - ян лъазабуна республикаялъул бетIерас.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...