Аслияб гьумералде

КIудияб мажгит рагьана

КIудияб мажгит рагьана

Дагъистаналъул Огни шагьаралда тIобитIана Югалъулаб Дагъистаналда бищунго кIудияблъун рикIкIунеб мажгит рагьиялъул рахъалъ мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса гуребги, Северияб Кавказалъул республикабаздаса ва Россиялъул регионаздаса рачIаразги. Гьезда гьоркьов вукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскандеров, Миннацалъул нухмалъулев Энрик Муслимов, Дагъистаналъул Огни шагьаралъул мэр Жалалудин Алирзаев, Дербент районалъул бетIер Мавсум РахIимов, Новосибирск областалъул муфти Салим-хIазрат Шакирзянов, Аль-Азгьар мажгиталъул имамзабазул цояв, хIафиз, шайих МахIмуд Абу Дейф ва цогидалги. Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги.

КIалъазе рахъараз бицана жамгIияталда цIунизе кколел рухIиял хазинабазул, бусурбабаз гьудуллъи-вацлъиялда гIумру тIамизе кколеблъиялъул, нилъеего бокьулареб чияе гьабизе бегьулареблъиялъул хIакъалъулъ. Бицана мажгитазул бугеб кIваралъул, гьел чIорого тезе бегьунгутIиялъул. 

Мажлис лъугIана цадахъаб кIалбиччаялдалъун. Гьеб къоялъин абуни кIал биччазе гьенив данделъун вукIана 15 азаргогIанасев чи.

ЦIияб мажгиталъул хIакъалъулъ абуни, гьеб буго 7000 чияс цадахъ как базе рес бугеб, кIитIалаяб.

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...