Аслияб гьумералде

Агул районалда – цIияб мажгит

Агул районалда – цIияб мажгит 

Агул районалда – цIияб мажгит

Агул районалъул Тпиг росулъ букIана некIсиябго мажгит. Гьеб къачIаялъул хIалтIаби унел рукIана лъикIаланго заманалъ ва гьале гьанже гьениб эхетана цIигьабун къачIараб мажгит. Гьеб рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги.

Мажлисалда кIалъазе рахъараз бицана мажгитазде хьвадиялъул бугеб хиралъиялъул ва баркала загьир гьабуна Тпиг росдал мажгит цIигьабиялъе квербакъанщиназе.

Гьединго районалъул жамагIаталъ республикаялъул муфтиясе сайгъат гьабуна гIарцуца къачIараб хвалчен. ЖамагIатчагIаз баркалаги загьир гьабуна муфтиясе ислам цебетIезабиялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIухъ.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...