Аслияб гьумералде

Дагъистаниязул кумек

Дагъистаниязул кумек

«Инсан» фондалъ Сириялъул халкъалъе гьабураб квербакъи

 

Сириялдагун Турциялда ккараб ракь багъариялъул хIасилалда кIудияб къварилъи ккаралъул, гIемерисел улкабаз гьел пачалихъазе кумек гьабуна. Гьеб рахъалъ нахъе къан чIечIо «Инсан» фондги. Гьелдаса хадубги Сириялъул гурхIел-рахIмуялъулал фондаздасан ахIи бачIана жеги кумек хIажат бугин абун. «Инсаналъ» кумек гьабизе рагIиги кьуна.

 

 

 

Абубакаров Насруллагь Сириялъул васгун

 

 

Гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицун нижеца гара-чIвари гьабуна рехсараб фондалъул вакил Абубакаров Насруллагьилгун.

- Цо сордо-къоялда жаниб бакIарана 13 миллионгIанасеб гIарац ва къокъабго заманалда гьелъул къадар 31 миллионалде бахана, - ян бицана Н. Абубакаровас. - Сириялъул посольствоялдасан хIажатаб къайиялъул хъвай-хъвагIай тIалаб гьабуна ва гьеб гIарцухъ босана 60 тонна хIажатаб къайиялъул. Масала, лъималазул квен, ретIел, пиринчI, макаронал ва цогидалги нигIматал, хIатта гIисинал лъималазе памперсалцин. Гьеб кинабго Сириялде щвезабизе транспорталъул рахъалдасан кумек гьабуна Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас. ПалхIасил, къайи-цIа Сириялда бугеб Россиялъул рагъулаб базаялде щвезабуна. Гьенисан бикьана сверухъ ругел бакIазде.

 

 

 

 

- Кумек гьабиялъе Сирия тIаса бищиялъе гIилла щиб ккараб?

- Турциялде дандеккун Сирия буго мискинаб пачалихъ. Турциялъе кумек гьабулел улкаби гIемерал рукIана. Нижеца хал-шал гьабидал, Сирия цIикIкIун хIажатаблъун бихьана кумекалъе. Гьенир кумек гьабулелги хасгьабун Россиялъул рагъулал хъулухъчагIи рукIана.

 

 

 

 

- Гьаб казият гьоркьобккун баркала лъие кьелеб?

- Баркала кьела Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовасе. Баркала буго Сириялда ругел нилъер улкаялъул рагъулал хъулухъчагIазе. Гьединго баркала буго кумек гьабиялъулъ гIахьаллъи гьабунщиназе.

 

 

Гара-чIвари гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...