Аслияб гьумералде

Имамасул нух

Имамасул нух

 

Цо-цо чагIи рукIуна районалъул имамас гьабулеб хIалтIул магIна бичIчIуларел, щиб гьез гьабулебин абулел. ХIакъикъаталдайин абуни гьез тIубазе кколебщинаб бихьани, гьаб хIалтIи гьабизего бокьиларинги ккола. Гьединлъидал, гьезул хIалтIул цо гьитIинабго бутIа бихьизабиялъул мурадалда, жакъа нижергун гара-чIвариялда вуго Унсоколо районалъул имам МухIаммад ГIабдулахIидов.

 

 

 

 

Гьев цо соналъ цIалана ЦIияб ЧIикIаб росдал мадрасаялда, лъабго соналъ цIалана ГIасаб росдал мадрасаялда. Гьединго щуго соналъ цIалана Хьаргаби росдал мадрасаялда. ЛъагIел бана гIелму цIалулаго Буйнакскиялда. Гьениса витIана ГIашилтIа росдал мадрасаялде ва лъагIелгун бащдаб гьенибги бан вачана Унсоколо росдал мадрасаялде.

ХIалтIана ГIашилтIа росдал имамлъун.

 

- МухIаммад, гIемерисеб мехалда районалда гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицани бокьилаан.

- Аслияб куцалда тIоритIула мажлисал. Щибаб росулъ кьолел дарсазда хадуб букIуна бербалагьи. ЖамагIатазулгун гьабула гьоркьоса къотIи гьечIеб хIалтIи. ТIурала хвел-хобалалда хурхарал суалал. «Ас-салам» казияталъул хIалтIиги гьабула цадахъго. Масала, районалъе бихьизабун букIараб къадаралдаса 200 экземпляралъ цIикIкIун хъвана исалмияб казият. 6-7 нухалда, кумекалъе рачун гIолохъабигун цогидал районаздеги ун рукIана подписка гьабиялъе кумек гьабизе. Имамзаби щвезе ккола батIи-батIиял чагIазухъе, цIехезе ккола гьезул ахIвал-хIал. Ригьин гьабиялда жаниб буго лъугIелго гьечIеб хIалтIи. БитIараб бицани, хIалтIи буго гьабурабгIан ва нижеца кIвараб хIаракатги бахъула тIадкъараб иш ракIбацIцIадго тIубазабизе.

 

 

 

 

- ГIолилазулгун гьабулеб хIалтIи букIунищ?

- Ниж кидаго щола росабазул школазде. Бицуна хабар, гьарула вагIзаби, тIоритIула спортивиял турнирал. ГIолилалги данде ракIарун тIоритIула батIи-батIиял тадбирал. Гьединал ишаз хIасилги кьола.

Гьединго гIолохъабазда бичIчIизабула хIарамал ва заралиял жалаздаса рикIкIад чIезе кколеблъи. КIвараб хIаракат бахъула тIаде гIолеб гIел пайдаяб ишалде буссинаризе.

 

- МухIаммад, щиб абилеб казият гьоркьобккун?

- Баркала кьезе бокьун буго росабазул имамзабазе. Гьез гьабулеб хIалтIи буго цIакъго кIудияб. Гьединго киназего гьарула тIад таразе мутIигIлъизе къуватги сабруги. Тавпикъ камун нилъ тогеги.

 

Гара-чIвари гьабуна Шамил МухIаммадовас

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...