Аслияб гьумералде

Новосибирскиялдаса гьалбал – Дагъистаналда

Новосибирскиялдаса гьалбал – Дагъистаналда

Новосибирскиялдаса гьалбал – Дагъистаналда

Чомаев Рашад, Азербайжаналъул Мацехалдаса, Новосибирскиялда гIумру гьабун вугев:

- ГIемерал бакIал рихьана дида, амма Дагъистан гIадинаб гьайбатаб бакI цониги батичIо. Гьанир гIумру гьабун ругез щукру гьабизе ккела Аллагьас нужее кьун ругелщинал нигIматазухъ. Бицунеб рагIаралдаса бихьаралъ цIикIкIун пайда кьолелъул, Дагъистаналде сапар гьабизе бокьаразда абила, щибго ургъичIого къватIире рахъине бегьулин абуна.

АнкьгIанасеб заман гIуна кирего щвезе. ЦIакъ рекIее гIуна муфтияталъул гIуцIи ва хIалтIул тадбир. Муфтияталда аскIобго бугеб мадрасалъул мутагIилзабазул бугеб гIадлунизамалъги хIайран гьавуна. ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централдеги щвана. Гьениб аварагасул цIаралда балеб бугеб мажгит бихьидалги гIажаиблъун хутIана. БитIахъе Макка-Мадинаялда вугеб хIал букIана. Аллагь разилъаги нужедаса, дагъистаниял!

МухIидинов МухIамад, Новосибирск шагьаралда бугеб мажгиталъул имамасул кумекчи:

- ГIелму тIалаб гьабизе кидал байбихьараб?

- Школа лъугIидал институталде лъугьана цIализе. ЛъагIел индал, цIалиги заочниялде сверизабуна, лъугьана Комсомольскиялда бугеб мадрасалде цIализе. Гьениб ункъо соналъги цIалун, МахIачхъалаялда бугеб ДИУялде лъугьана. ДИУялдасан практикаялъ витIана магIарул мацIалда биччалеб «Ас-салам» казияталде хIалтIизе.

Цадахъго имам Шамилил цIаралда бугеб мажгиталдаги хIалтIана, имамасул кумекчилъун. Гьедин ана жеги ункъо сон. Гьелдаса хадуб Гъизилюрт шагьаралъул авал-мажгиталда имамлъунги хIалтIана. Гьелдаго цадахъ рухIияб лъай кьеялъул отделалъе нухмалъиги гьабуна.

ЛъагIелалъ гьенивги хIалтIун Новосибирскиялда хIажалъи цIикIкIун букIун, гьениве витIана хIалтIизе. Имамасул кумекчилъун ва СФОялда прессаялъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вуго. Аслияб кIвар кьола Новосибирскиялда ругел нилъер кавказиял данде гьариялъе.

- «Ас-салам» казияталъул иш кин бугеб гьениб?

- ЛъикI буго. Ниж гьанире рачIаралдаса тIоцебе гIадамазул лъай-хъвай ккезелъун мажгитазда рикьулел рукIана газетал. ТIубанго казияталде руссинеги заман гIолеб букIинчIо. Гьелдаса хадуб казият тIибитIизабизе квербакъун «Ассаламалъул» вакилзаби рачIана. Гьелъулъ кIудияб маслагIатги ккана.

Араб соналъ казияталъул 25 сон тIубаялъул тадбирги тIобитIана. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Новосибирскиялъул муфтияс, мэриялъул хIалтIухъабаз. Дагъистаналъул муфтиясул председатель Шамил ГIалихановги ва цогидал гIалимазаби, нашидал ахIулел гIолохъаби рукIана гьоболлъухъе рачIун. Мажлисалъул баракаталдалъун гьеб моцIалъ 8000 казият тIибитIизабуна.

- Гьаб къокъаб заманалда жаниб кире щварал ва щиб бихьараб?

- Дагъистаналде щун тIоцебесеб къоялъ Каспийск шагьаралъул мажгиталда рузманги бан рагъарана МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталде, ДИУялъул мадрасалде ва муфтияталде. Руччабаз «Гьидаяталдеги» гьабуна зиярат. Нилъер муфтияталъул гIуцIи бихьидал гьалбал гIажаиблъана ва гьез абуна: «Интернеталъул гьиназда гьабгощинаб бихьаниги гьадигIан берцинго гIуцIун букIин лъалароан», - ян.

Мадрасазде лъимал цIализе ритIизе бокьиги загьир гьабуна гьалбадерица. КIиабилеб къоялъ муфти АхIмад афандиясухъе зияраталъ ана ва анищ ккараз вирдалги росана. Гьенисан рухIияб централде бухьана сапар ва гьениб гъветIги чIана. Лъабабилеб къоялъ Дербенталде ана. Ункъабилеб къоялъ АхIулгохIде ва СагIид афандиясул хабатIе зияратги гьабун, Гъизилюрталде щвана. Кире щваниги Аллагьас I вагIза-насихIаталъе чи хIадурун ватулаан нижехъ балагьун чIун. АхIулгохIда гьабураб вагIзаялъ нижер киназулго ракIал тамах гьаруна.

- Дагъистаниязе щиб гьара-рахьи гьабилеб?

- Бокьун буго баркала загьир гьабизе ниж къабул гьарурал дагъистаниязе. Дагъистаналъул халкъ буго тIаде рачIарал гьалбадерие цIакъ гьоболлъи гьуинал гIадамал. Гьеб баркатги, берцинаб тIабигIатги нилъер шайихзабаздасан, вализабаздасан ва цере арал умумуздасан щвараб буго щаклъи гьечIого. Баркала киназего.

Гардашов Рамазан, Закаталаялдаса Новосибирскиялда гIумру гьабун бугев:

- Бокьун буго баркала загьир гьабизе тIолалго дагъистаниязе. Гьаниве вачIунаго дир аслияб мурад букIана зияратазде хьвади. Амма гьаниве щведал ТIадегIанав Аллагьас кивего щвезавуна. Дагъистаналда ругел киналго берцинал бакIал рихьана. Бищун ракIалда чIараблъун ккана СагIид афандиясул хабатIе гьабураб зиярат. Дагъистаналда вугеб мехалда гьанир ругел лъикIал гIадамазул хIал бахун лъугьана. ЦIакъ лъикIал гIадамал ратана гьаб ба- ракатаб ракьалда. Киназего ракIракIалъулаб баркала.

Батараева Кенуль, Новосибирскиялда гIумру гьабун йигей гIадан:

- Чанго сон букIана дир Дагъистаналде, муфтиясухъе зияраталъе щвезе бокьун. Дир дугIаялъе Аллагьас жаваб гьабун рес щвана сапаралъе яхъине. Бокьун букIана руччабазул «Гьидаят» централде щвезеги. Кутакалда гIадлу-низам бугеб, гIелму малъулеб бакI батана гьеб. Асар гьабуна АхIулгохIда гьабураб вагIзаялъги.

Дир васги вуго гьанив мадрасалда цIалулев. БитIараб бицани, тIоцебе гьев цIализе витIулаго дагьаб хIинкъи букIана рекIелъ, амма заман анагIан бичIчIулеб буго гьалдаса лъикIаб бакI дунялалдаго батизе гьечIеблъи. Баркала буго муфти АхIмад афандиясе ниж къабул гьаруралъухъ ва гьаб сапаралъе квербакъараздаса Аллагьги разилъаги.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...