Аслияб гьумералде

Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе. 

 

– ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал?

- Нижер буго «Баракат» абун цIар лъураб ателье. 1996 соналдаса нахъе МахIачхъалаялда, цо ккураб бакIалда, хIалтIулебги буго. 2022 соналда СВО байбихьидал ният ккана рагъухъабазе хӀажатаб ретӀел букъун лъикIин абураб.

Гьеб иш тохлъукьего гьабураб жоги букIинчIо. Гьелъие сабаблъун ккана нижехъе ретIел букъизе вачIунев вукIарав чи. Цо къоялъ рагъулаб ретӀелги босун вачӀана гьев. Дица гьесда гьикъана, мун киве унев вугевилан. Гьесги абуна жив командировкаялъ унев вугилан.  

Чанго къоялдасан дида бихьана, автоматги кодоб ккун бахъараб, гьесул сурат. Дица гьесухъе хъвана кив вугевилан абун. Гьесги жаваб кьуна вугеб бакI лъаларин, жидеца гьанибе техника данде гьабулеб бугин абун. Гьесул гӀарз букӀана квачан бугин ва ратIлицаги хинлъизавулевго гьечӀин абураб. Цинги, махсара хIисабалда дица гьесухъе хъвана, дуе хинаб ретӀел букъилин ва битIилин абун.

КӀиго анкьидаса гьес дихъе битӀун бачIана почалъул индекс. Дица ичIго ретIел букъун битIана ва жеги хинал щватаби, тӀагърал, квердаххелал лъуна посылкаялъуб. Заманалдасан дихъе битIун бачIана гьесул къукъаялъ баркала загьир гьабураб видео-каламги.

 

– Гьеб ишалъе нужее кумек лъица гьабураб?

– ТӀоцебесеб иргаялда, нижерго хъизамалъ ва хӀалтӀухъабаз. Хадуб дагь-дагьккун цогидал гIадамалги гъорлъе цIазе кIвана.

– Нужеца хӀалтӀи кин гӀуцӀун бугеб? ХӀажатаблъун бихьараб жойищ рагъухъабазе битӀулеб яги гьезул гьариялда рекъонищ?

– ХӀаракат бахъула гьезие хIажатаб цIехон кумек гьабизе. Гьезда жидедаго цIикIкIун лъаларищха къваригIараб-тараб. Гьеб мурадалъе гIоло вотсапалда гIуцIана: «Шум для нашего невидимого фронта, 5 поколений чести, Махачкала, «Баракат» ателье» абураб къукъа. ГӀадамазги гьеб иш лъикI къабул гьабуна.

2023 соналда, 20 тонна къайи-цIаялъулги босун, гьениреги ун рукIана. 

 

– Рагъухъабаз, гIемерисеб мехалда, щиб кумек гьарулеб?

– ТIоцебе байбихьуда дараби, ретӀел, квен хIажат букIана гьезие. Нижеца гьезие кӀиго «Нива» машинаги кьуна. Гьеб гьезие къваригIун букIана лъукъарал гIадамал раччизе яги къайи-матахIалда хадур ине. Нижеца росана рацияби, газалъул пучдул, къукьмахал!

Гьеб кинабго буго сахаватал гIадамазул кумекалдалъун гьабураб иш. Гьел рукIинчIелани нижехъа щибго бажарилароан. Баркала буго киназего. 

Гьединго, кIвараб кумек гьабула больницабазеги, араб бакI лъачIого тӀагӀарал ралагьизе, жаназаби рокъоре щвезаризе, бусурбабазул къагIидаялъ гьел рукъизе.

 

– ХӀукуматалъул рахъалдасан гьабулеб кумек букIунищ?

– БукIана. КӀудияб баркала буго ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ГIусман Булатовасе. Гьес нижее бачӀана ункъо букъарулеб машина, хIажатаб стол, электронож ва цогидабги. Гьедин кумек гьабулел чагIи камуларо.

 

 

 

 

 

 

– Къайи-къоногун нуж кире-кире щварал?

– Ниж ун рукӀана Запорожьеялде, Донецкиялде, Курск ва Белгородалъул областазде. Харьковалдеги Херсоналдеги щвезе кIвечIо, амма гьенибе гуманитарияб кумек битӀана.

 

– Сапаралъ унаго ракIалда чIарал лъугьа-бахъиналго кканищ?

– Цо нухалда нижеца рагъухъанасухъе пуланаб къвачIа щвезабулаго, лъукъиялъул хIасил букIун бугоха, гьев гӀакълуялдаса ана. ЛъикӀаб иш ккана нижеда цадахъ тохтур Наида ГӀумаровна йикӀин. Гьелда кӀвана гьесие тIоцебесеб кумек гьабизе ва гьесул гӀумру хвасар гьабуна. Хадуб баянлъана гьев живгоги тохтур ва 45-ялдаса цӀикӀкӀун рагъухъан гьес хвасар гьавун вукIин.

 

– Ахиралдаги, щиб абилеб ва щиб гьарилеб?

– Дир буго цо мурад: нилъеда тӀад ракълилаб зоб букIин. Нилъер киналго рагъухъаби сах-саламатго рокъоре, хъизан-лъималазухъе тӀадруссин. Къадаралде щваразулги Аллагьас ﷻ мунагьал чурун ратаги.

 

Гара-чIвари гьабуна Шамил МухIаммадовас

 

 

 

 

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...