«Ас-салам» – магIарул росабалъ
Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Шамил районалъул Бакълъухъ росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, школалъул нухмалъулевгун, мадрасаялъул ректоргун цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун.
Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялъ жамагIаталда хурхун цере чIарал масъалаби, росдал тарихалда хурхун суалал ва хадурккун гьаризе ракIалда ругел ишал. Бакълъухъе гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

СагIадуев МухIаммадгIарип, Бакълъухъ росдал бегавул:
- 2020 соналде щвезегIан лъабго болжалалъ гьабуна дица росдае бегавуллъи. Гьелдаса хадуб ункъо сон индалги ккана гьабго хIалтIуде. ГIаммаб куцалда абуни, бигьаяб хIалтIи гьечIо гьаб. МагIарулаз абухъе, мухь кьуниги гьабиларебгIадаб хIалтIи буго. Росулъ бугебщиналъул жавабияв чи ккола бегавул.
Нижер росулъа Москваялда гIумру гьабун вугев ТIагьирица, жиндирго инсул цIаралда, бана спортивияб комплекс. Гьелъул багьа бахана 70 миллионалде. ХутIун буго сверухъ бакI къачIазе. Гьелъие хIукуматалдаса кумек щвелародаянги вуго. Гьеб бугелъулха лъарал рагIалда, дагьаб захIматаб бакIалда бараб. Лъарадаса цIунизе гьабизе ккола дамба. Гьелъие квербакъилин рагIи кьуна хIукуматалъ.
Араб соналъ районалдаса росулъе бугеб нухде (лъабго километр) тIуна хъил. Программаялда буго ТIаса Бакълъухъе щвезегIан тIезе. Гьелъие хIадурлъи гьабулеб буго. Хьул буго исана гьебги рагIалде бахъинин абун.
Жакъа къоялде щвезегIан СВОялда вуго 42 чи. Гьезда гьоркьоса ичIго чиясе Аллагьасул къадарги щвана. Гьенир ругел гIолохъабазе чанго нухалда битIана гуманитарияб кумекги. Районалъул рахъалдаса гьединаб кумекгун ун рукIарал нижер росулъа кIигояв гьенив къадаралдеги щвана.

ГIумаров ГIабдулхIамид, Бакълъухъ росдал школалъул директор:
ГIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьей ккола жамгIияталъул бищунго кIвар бугел масъалабазул цояб. Гъоркьа Бакълъухъ росулъ гьеб иш гIемерал соназ тIубазабулеб буго кIудияб хIалбихьиги, лъималазул унго-унгояб ургъелги бугев школалъул директор ГIумаров ГIабдулхIамидица.
- ГIабдулхIамид, лъай кьеялъулъ нухде кин мун ккарав?
- Росдал школа лъугIидал цIалана МахIачхъалаялъул педагогикияб университеталда, физикаялъул ва математикаялъул факультеталда.
Дун школалда хIалтIулев вуго 1986 соналдаса нахъе, ахираб 15 соналъ директорлъунги вуго. Гьеб заманалда жаниб дие щвана батIи-батIиял шапакъатал, гьездаго гьоркьоб ДРялъул мустахIикъав учитель абураб цIарги.
- ГьабсагIаталда школалда чан цIалдохъан вугев?
- ГIага-шагарго 210 цIалдохъан. Школалда хIалтIулев вуго 35 мугIалим ва 15 техникияв хIалтIухъан. ЦIалдохъабазул къадаралъул рахъалъ ниж районалда кIиабилеб бакIалда руго.
- Жакъа школалда церечIарал масъалаби кинал ругел?
- Аслияб масъала буго цIалдохъабазул къадар дагьлъулеб букIин. Соналдаса соналде дагьлъулел руго росабалъ гIадамал, гIемерисел шагьаразде гочунел руго бакIазда хIалтIи гьечIолъиялъ. Гьелъ, узухъда, асар гьабула школалъеги.
- Кинаб къимат кьолеб цIалдохъабазул лъаялъул даражаялъе?
- ЦIалул хIасилал гIезегIан лъикIал руго. Масала, кIиго соналъ цебе нижер школалъул цIалдохъан Пашаева ПатIиматица школа лъугIизабуна меседил медалалда. Гьанже гьей Краснодаралда цIалулей йиго.
ГIемер руго медучилищеялде цIализе лъугьарал выпускникал. Цебе, 2015 соналда дун директорлъун тIамураб мехалда, медицина тIаса бищулел цIалдохъаби рукIинчIин абизе бегьула. Гьанже цIалулев вуго 15-20 чи.
- Нужер школалъул хаслъилъун ккола цIалудаго цадахъ лъимал мадрасалдеги хьвадулел рукIин. Кин гьеб иш гIуцIун бугеб?
- Нижер гIемерисел цIалдохъаби цIалулел руго школалдаги мадрасалдаги.
Рогьалил какдаса хадуб, бищун санагIатаб заманалда лъимал уна мадрасалде, цинги рокъоре руссун, радал кванан, школалде рачIуна. Ясазул мадраса буго школалдаго аскIоб, гьединлъидал, гьезие санагIалъи буго радал мадрасалъул цIалудасанго битIахъе школалде рачIине.
Дица рикIкIуна школалъги мадрасалъги цоцазе квалквал гьабуларин абун. Гьелъул гIаксалда, гьез цоцазе кумекцин гьабула. Школалда лъикI цIалулев мадрасалдаги лъикI цIалула.

- Дуца кинаб къимат кьолеб школалда тарбия кьеялде?
- Лъай кьеялдаго цадахъ нижеца аслияб кIвар кьола адаб малъиялде. Щибаб лъимадул лъикIав цIалдохъан вахъин захIматаб жо буго, амма щивав чи вукIине ккола гIамал-хасият берцинавлъун. Лъималазе кIвар бугеб жо ккола яхI-намус, чIахIиязул адаб-хIурмат ва цоцадехун гурхIел-рахIму букIин.
- Нужер рахIат хвезабулел масъалаби ругищ?
- Бищун кIудияб масъала буго рахьдал мацIалда хурхараб. Лъималазда магIарул мацI кIочене байбихьун буго.
Гьез пикру гьабулеб буго гIурус мацIалда. Гьеб бараб буго рокъоб рахьдал мацI дагьго бицунеб ва лъималазул гIемераб заман гаджетазде руссун унеб букIиналда.
Планшетал ва телефонал гьезул «учительзабилъун» лъугьун руго.
Амма нижеца хIаракат бахъула рахьдал мацIалда тадбирал тIоритIизе. Нижехъе рачIуна лъай кьеялъул отделалдаса гьалбалги, росдал имамги, лекциялги цIалула, ай кинабго магIарул мацIалда.
- Эбел-инсулгун гьабулеб хIалтIи гIураб даражаялда бугищ?
- Гьеб рахъалъ щибго къварилъи гьечIо. Киналго рачIуна тIоритIулел тадбиразде. ХIалтIи гьабула цадахъаб къагIидаялъ.

МухIаммад КодохIмаев, ДРМОО, Шамил район:
- Росдал гIолохъабазулгун хIалтIи гьабизе ккана 2015 соналъ. 2023 соналдаса нахъе вуго районалъулго вакиллъунги. ГIарцул суал гьечIониги, гIолохъабазулгун хIалтIи гьабулеб гьаб гIуцIи буго, гьабураб хIалтIул хIисабги кьолеб, хIукуматалъул идараялда хъвай-хъвагIайги гьабураб.
- МухIаммад, нужер гIуцIи-ялъул аслияб мурад щиб?
- Аслияб масъала буго гIолохъанаб гIел цолъизаби, гьезда сверухъ хIалтIи гьаби. Мисалалъе росдал имам, мажгиталда мадрасалда гьединго жамагIаталъул динияб рахъалда хунхун гьабулелъулъ гьесда лъалареб жо дагьаб гурони букIунаро. Жакъа гIемерисел гIолохъаби руго шагьаразда. Гьединлъидал гьел цоцазда лъазари, имамасе росдал бегавуласе гьезул квер гIунтIулареб бакIалда хIалае рахъин, спортивиял тадбирал тIоритIи, жамгIиял хIалтIабазулъ гIахьаллъи гьаби буго мурад. Нилъер муфти, шайих АхIмад-афандияс абула муфтият бугин «щуабилеб гьакибер». Гьелъухъего, нижги руго гьелго чагIи, хIажалъи ккедал къватIире рахъунел.
- Нужеца тIоритIулел данделъабазе кумек гьабулел чагIи рукIунищ?
- Нижеца цониги данделъи тIобитIуларо росдал имамасда ва бегавуласда дандбан гурони. ТIоритIула батIи-батIиял спортивиял къецал, щивас гьабула бажарараб гIахьаллъи. ГIарцулаб кумек гьабула диналъул вацаз, ай жидерго ресалда рекъаралдалъун.
- ГIун бачIунеб гIелалда гьоркьоб бищун кIвар буссинабизе ккараб хIалтIи щиб букIунеб?
- Жакъа бищун хIалтIи гьабизе ккараб суал буго наркомания, гьеб тIибитIулеб буго киса кибего. Гьанже машгьурлъун бугеб электронныб сигарет, гьекъолел парашокал, таблеткаби. Цебе чIахIиял шагьаразда гурони гьеб унти букIун батичIони, гьанже гьеб щун буго росабалъеги. Наркоконтролалъул, реабилитацияб централъул хIалтIухъаби, хIатта цере наркоманаллъун рукIарал чагIицин гIахьал гьарун тIоритIула тадбирал.
- Дур пикруялда, гьеб унтудаса гIолохъанаб гIел кин цIунизе кIвезе бугеб?
- ТIоцебесеб иргаялда, лъималазе гьитIинго кьезе ккола тарбия. Гьедин тарбия кьечIони, лъимал кIудиял гIедал, хадуб кватIун батула.
Наркоманиялдаса нахъе ккечIеб унти буго къватIисел улкабазда рахчун ругел гIалимзабийин абун кIалъалел чагIазухъ нилъер гIолилал гIенекки. Интернеталдасан гьез гуккулел ва хвезарулел руго нилъер лъимал. Гьединлъидал, цоги насихIат, халгьабичIого тоге лъимал лъихъ гIенеккулел ругелали. АлхIамдулиЛлагь, нилъерго руго гIенеккизеги хадур рилъинеги гIалимзаби, гьездехун рокьи бижизабизе ккола лъималазулъ. Цоги, лъималги тоге телефоналда бата-батараб хIай хIазе. Гьаб заманалда раккун руго хIаял, лъалаго, лъимадул пикру хисизабулел.

Асият ИсмагIилова, Бакълъухъ росдал руччабазул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулей:
ТIаде гIолеб гIелалъе тарбия кьезе рес гьечIо руччабазул гIахьаллъи гьечIого. Гьез гIуцIула яхI-намусалъул къимат, лъола иманалъул ва хьвада-чIвадиялъул кьучI. Бакълъухъ росулъ гьеб кIвар бугеб ишалде машгъуллъун йиго мадрасалъул мугIалим ва руччабазул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулей МухIаммадил яс Асият.
2002 соналда росдал школа лъугIун хадуб, гьей цIалана МахIачхъалаялда бугеб Северияб Кавказалъул исламияб институталда (ДИУ).
Дагьабго заманалъ хIалтIана росулъ ва 2024 соналъ ячана мадрасалде дарсал кьезе.
- Асият, лъай кьеялъул отделалъ гьабулеб аслияб хIалтIи щиб букIунеб?
- Нижеца школалда ясалазе тарбия кьеялъул хIакъалъулъ бицуна. ГIахьаллъи гьабула исламиял тадбиразда ва мажлисазда.
- Лъималазулгун, гIолилазулгун гьабулеб хIалтIи кин гIуцIун бугеб?
- Рии-риидал лъималазе кьола исламалъул дарсал. Нижеца тIоритIула мадрасалъул цIалдохъабазда, хасго ясалазда гьоркьоб, къецалги.
Гьеб киналдаго цадахъ хIаракат бахъула гIумруялда дандчIвалел захIмалъабигун къеркьезе кколеб куцалъул бицинеги.
- Дур пикруялда, лъималазе тарбия кьеялъулъ руччабаз кинаб бакI кколеб?
- Аслияб бакI ккола руччабаз. Гьез гIуцIула лъимадул гIамал-хасият, гIумруялдехун, иманалдехун, гIадамаздехун бугеб бербалагьи. Абизе бегьула, гIолеб гIелалъул букIинесеб, аслияб къагIидаялъ, руччабазда бараб бугин абун.
- Цо-цо захIмалъабиги данд-чIвачIого хутIулел ратиларо…
- ЗахIмалъаби, узухъда, рукIу-на, амма лъикIлъи гьабизе ракIбацIцIадаб къасд бугеб мехалъ Аллагьас ﷻ бигьа гьабула.
- Хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?
- Дие бокьилаан лъай кьеялъул хIалтIи жеги цебетIезабизе, лъай кьеялъул ва рахIмуялъул ишазда гIахьаллъулел ясалазулгун руччабазул къадар цIикIкIине. Лъай кколелъулха щулияб ва сахаб жамгIияталъул кьучI.

Зикрула СагIадуев, Бакълъухъа СагIадухIажиясул МухIаммадил цIаралда бугеб мадрасалъул директор:
- Бакълухъ мадраса цIигьабун бана 2005 соналда. Гьелда цебеги диналъе эркенлъи щваралдаса нахъе росулъ мутагIилзабиги мадрасаги букIана. Гьелъие кьучI лъурав чиги ккола СагIадухIажиясул МухIаммад-афанди. Нижер мадрасалъул программаги, кинабго низамги, хIатта гьалъул нухмалъи гьабулев чи тейги буго муфтияталъул амруялда гъоркь. 2010 соналъ букIана тIоцебесеб выпуск. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Хинлъи, тIагIамаб квен, регизе санагIатаб бакI, спорт гьабизе бакIал ва ресал кигIанги лъикIал чIезарун руго. Гьединаб нигIмат нижер росдае щвеялъухъ кIудияб шукруги буго БетIергьанасе. Щибаб соналъ къватIире риччалел руго цIалун рахъарал гIолилал. Гьел ритIула муфтияталъ рихьизарурал бакIазде.

Шапиев МухIаммад, Самбоялъул тренер ва «Инсан» фондалъул вакил:
- МухIаммад, цин дургун хIакъалъулъ бицани бокьилаан.
- Дун вугоха самбоялъул тренер ва «Инсан» фондалъул вакил. Дица тренерлъи гьабулеб буго 2016 соналдаса нахъе, гьабсагIаталда мадрасалъул цIалдохъабазе грэпплингалъул рахъалъ дарсал кьола.
- Кин мун спорталде вачIарав?
- Школа лъугIун хадуб цIализе лъугьана педучилищеялде ва цадахъго спорталдеги кIвар кьолеб букIана. ЦIали лъугIун хадуб росулъе тIадвуссана. Гьелдаса нахъе байбихьана лъимал ругьун гьаризеги.
- Спорталде машгъуллъараздаги машгъуллъичIездаги гьоркьоб батIалъи бугищ?
- Спорталъ инсан куцала. Спорталде машгъуллъаразул гIадлу-низам, жавабчилъи букIуна.
Спорталъулгун гьудуллъи бугез цогидазул адаб-хIурматги цIикIкIун гьабула.
- Нужер росулъ цIияб спортзалги балеб бихьана.
- Бан бахъун бугин абизе бегьула. Давудов ТIагьирица бана гьеб инсул хIурматалда.
Жанисел хIалтIаби гьарун лъугIулел руго. ГьабсагIаталда ругьунлъаби унел руго мадрасалъул спортзалалда, амма цIияб спортзал рагьидал шартIал гIемерго лъикIлъиларищха.
- Мун вуго «Инсан» фондалъул вакил. Кин гьеб хIалтIуде ккарав?
- Доб букIана пандемия ккелалде мех. Нижер имамас дун ахIана ва гьеб хIалтIи тIаде босилищин гьикъана. Дицаги къабул гьабуна. ГIадамазе кумек гьабизе рес щвеялдаса лъикIаб жо щибха букIинеб?
- Нужер росулъ фондалъ щиб гьабулеб?
- Нижеца кумек гьабула къварилъиялда ругезе: закагIат ва закатул-фитIр кьола, захIматаб хIалалда ругел гIадамазе квербакъула. Аслияб къагIидаялъ кумек гьабизе бокьараздаги къварилъиялда ругездаги гьоркьоб бугеб кьолъун ккола фонд.
Рамазан моцIалъ нижеца мажгиталда тIоритIула ифтарал, квен-тIех хIадурула ва бикьула.
- ЗахIмалъулеб бугищ тренерлъиги фондалъул хIалтIиги цадахъ бачине?
- Бокьараб хIалтIи ракIба-цIцIадго, Аллагьасе гIоло гьабулеб бугони, кинабго бигьалъула. БацIцIадаб ният бугони, Аллагьасги бигьа гьабула.
- «Ас-салам» газета тIиби-тIизабиялъеги квербакъулин дуцайилан бицана…
- КIвараб жо гьабула. Кумек гьабула газета подписчиказухъе щвезабизе. Росулъ вуго газеталъул хасав вакил ва нижецаги хIаракат бахъула гьесиеги кумек гьабизе.
- Дур пикруялда, щиб ригьалде рахарал лъимал спорталде машгъул гьаризе кколел?
- 5-6 сон баралдаса нахъе байбихьизе бегьула гимнастикаялде, лъим ххаялде ругьун гьаризе. Цинги хадуб рачIине ккола гугариялде, самбоялде. Бищун лъикIаб букIана 10 сон баралдаса байбихьизе. Гьеб мехалда черх хIал щвеялде хIадурлъун букIуна.
- ЦIалдолезе щиб гьарилеб?
- Гьарула Дагъистаналъего цолъи. «Ас-салам» цIале, лъикIаб ва пайдаяб газета буго.
Заман гIадада биччаге. Херлъидал бищун инсан пашманлъулеб жо буго гIолохъанлъи гIадада биччан бати.
ХIаракат бахъе цогидазе пайдаяллъун рукIине. Гьеб ккола унго-унгояб талихI.

МухIаммад МухIаммадов, жамагIатчи, Бакълъухъ школалъул вукIарав директор:
- Дун гьавуна 1936 соналда, Бакълъухъ росулъ. Дунги дунгогIадалги гьитIинаб мехалда заман букIана гIезегIан захIматаб. КъахIиб росулъ гьоркьохъеб школа лъугIидал ана армиялде. Лъабго сон гьенибги бан, тIадвуссиндал цIализе лъугьана педучилищеялде. ЦIали лъугIидал хIалтIана учительлъун, гьабуна директорлъи.
- Мун хIалтIизе вачIараб заманалда кин букIараб цIалул иш?
- Доб заманалда учительзабазул къварилъи букIана. Амма къимат гьабулаан. ГIадамалги рукIана цоцазул адаб-хIурмат бугел, цоцазе хIалае рахъунел. ЦIалдохъанасдаги бичIчIулаан, кинаб бугониги бадибчIвай гьабуни, гьабизе ккун гьабураб букIин. Гьанже абуни гIаксалда буго.
- Дин гьукъараб заманалда щиб хIал букIараб росулъ?
- Нижер гьаниб гьелъул щибго къварилъи букIинчIо. Школалдацин какги балареб, кIалги кколареб лъимер букIунароан. Учительзабаздаги кIалъалев чи вукIинчIо. Цо нухалда райцентралде, данделъиялдеги ун, нахъе рачIунелъул завОНОяс абуна гIурус учительзаби рачIун ругила гьанире, гьезул кIигоял нужеца рачине ккелила. ЛъикIинги абун, гьелги рачун рачIунел рукIана росулъе. Бакъанидаса хадуб мех букIана гьеб, какил заманги унеб букIун, нижеца гьезда бихьизабуна пуланаб бакI ва абуна хал-шал гьабулел рукIайин абун. Нижин абуни, какие гIамал гьабизе лъугьана. Нижеца гьабулеб бихьаралда хIикмалъана гьел, бугониги щиб гьез абилеб, кIиго чIужугIадан йикIана. Как бан лъугIидал, хвалиего гIадин цоцалъ речIчIун, махсара-хочI гьабуна.
Шагьаралда цIалулеб заманалда санагIалъи букIинчIо какие, казиятги гъоркь тIамун балаан как. Дида цадахъ вукIана ГIуриса АмирхIамзал МухIаммад абурав вас. Гьесулгун лъай-хъвайги ккун букIана Малыгинил къотIноб бугеб мажгиталда. ГIолохъабаз цадахъ ккураб рукъ букIана гьев цIалулеб институталда аскIоб, цо-цо дунги щолаан гьесухъе гьениве. Мажгиталдаса вуссиндал гьев ватулаан черхалда юргъанги жемун. Цадахъ рукIараз махсара гьабулаан гьев нилъедаса анинги абун. ХIакъикъаталдайин абуни гьев вукIун вуго рабитIа гьабулев, ГIуриса КIудиясул мурид.
- ГIумру бихьарав чи вугелъул, школлъималазе тарбия кьеялда хурхун щиб абилеб?
- Аслияб жо буго эбел-инсуца рокъоб малъараб. Дун гьитIинаб заман букIана партиялъулаб, бугониги, школалда учителасги, рокъоб эбел-инсуцаги, къватIахъ кIудияв чиясги малъулаан цIикIкIарасул адабги гьитIинасул хIурматги гьабизе кколин абун. Жакъа щибго гуреб жо лъугьун буго, хIабургъун буго кинабго. Цебе букIана ракIал рагьараб заман.
- Бакълъухъа КIудияв лъикI лъалев вукIун ватила дуда…
- КIудиясулгун дир лъикIаб бухьен ва гьоркьоблъи букIана. Нижер инсухъе гIемер щолаан гьев. Эменги вукIана цIаларав чи. КIудиясухъе изну кьураблъиги лъалароан нижеда. Нижеда гьев лъалаан, Гьандихъа ХIумайд-афандиясухъеги арав, гьелде щвезегIан МухIаммадгIариф-афандиясда цадахъги вукIарав чи хIисабалда. Буйнакскиялда рукIарал даргияз абулаан нужехъа цо цIакъ лъикIав чи вугила гьаб шагьаралда абун. Гъодинав чи вукIаниги, устар вугин абун щибго къватIибе жо лъачIо. Гъозул баракат-шапагIат камун нилъ хутIугеги.
- «Ас-салам» казияталъулгун бухьен кин ккараб?
- «Ас-салам» дир рокъобе щвана къватIибе биччазе байбихьаралдаса. Гьел киналго казиятал, тIахьал гIадин, подшивкаги гьабун, цIунунги руго. «Ас-салам» буго щивасул рокъоб букIине кколеб гIелму.

МухIаммад ХIамзаев - Дагъистаналъул халкъияв шагIир, хъвадарухъан-тарихчи, филологиял гIелмабазул кандидат, «Ас-салам» казияталъул тIоцевесев редактор.
- Дир лъикIаб гьоркьоблъигун гьудуллъи букIана исламалъул шагьид, СайидмухIаммад-хIажиясулгун. Гьеб букIана 1994 соналъул февралалъул ахир. Гъоб заманалда СайидмухIаммад-хIажи вукIана муфтиясул наиблъун хIалтIулев. Дун вукIана ункъго соналъ «БагIараб байрахъ» казияталда (гьанжесеб «ХIакъикъат») хIалтIарав журналист. Цо къоялъ СайидмухIамад-хIажиясухъе щведал, гьес абуна идараялъе исламияб казият биччазе къваригIун бугин, гьеб иш дуца щай тIаде босуларебан. Дица жаваб гьабуна мухбирлъиги тун, Москваялде ине ракIалда бугин, амма гьеб иш тIаде босарав чиясе кумек гьабизе дун хIадурав вугилан.
Цо чанго къоялдасан СайидмухIамад-хIажияс ахIун бачIана СагIид-афандиясухъе ЧIикIаре рилълъайилан. Гъоб заманалда гIемер муридзабиги рукIинчIого СагIид-афандиясулгун хабар бицине щолаан, хасго СайидмухIад-хIажигун цадахъ вугони. КIудиясухъе щвейгун, СайидмухIаммад-хIажица бицана идараялда цебе исламияб казият гIуцIизе ракIалда бугилан. ЦIакъ лъикIаб хIалтIи бугилан разилъана мубарак СагIид-афанди. СайидмухIаммад-хIажияс абуна, гьеб иш лъида тIадкъалебали лъаларого ругилан. Цинги СагIид-афандияс, диде ишараги гьабун, абуна гьав МухIаммадида щиб багьана бугеб гьеб тIаде босизеян. ГьебсагIат дица гьабизе хIадурав вугилан абиларищха. Цинги СайидмухIаммад-хIажияс дир гIинде щурана, гьанже мун киве кIанцIилевилан.
Гьенисан МахIачхъалаялде щвейгун, кIиясго хъвана тIамач цIурал цIарал. Гьанже ниж руго казияталъе цIар ургъулел. Ахирги чIана «Ас-салам» абураб цIаралда. Цинги, 1994 соналъул апрель моцIалда, СайидмухIаммад-хIажиясда дандги бан, дицаго биччана «Ас-салам» казияталъул тIоцебесеб номер. Гьелъул букIана ункъго гьумер. Хадусел номерал гьаризе кумекалъе вачIана ХIажимуса Ичалов. Гьедин хIалтIана кIиго соналъ. Гьебги букIана гIурус мацIалда. Дидаса хадуб биччана магIарул мацIалдаги, цогидал мацIаздаги.
Гъоб байбихьуда лъикIаланго захIматги букIана гьеб биччазе. Гьанже гIадин хъвадарулел чагIиги рукIинчIо, гIатIидал ресал рукIинчIо. «Ас-салам» казияталъ гьабсагIат босун бугеб тIогь бихьидал дун цIакъ вохула. Гьелъул бицунеб рагIидалги, гьеб машгьурлъун бугеб куц бихьидалги вохула. Цо росулъ, цо МахIачхъалаялда дица гьелъул подпискаги гьабула.
Нижер росдал тарихалъулги, гьенир рахъарал гIалимзабазулги бицани, нижер росдаца ислам къабул гьабуралдаса гъоркьиса бана 550 сон. Гьижрияб тарихалъул 880-абилел соназда босун буго нижер росдал агьлуялъ исламияб дин. Гьелдаса 90-гIан сон ун хадуб бан буго росдал кIудияб болмажгит. Нижехъе щварал баяназда рекъон, 17 гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда вукIарав машгьурав гIалимчи ккола Бакълъухъа Гъулил МухIаммад-хIажи. Къудукьа Мусалавгун цадахъ гьев цIалана Йеменалдаса СалихIида цеве. Гьев вуго нижер тIоцевесев хIажичиги, вукъун вуго Маккаялда. Доб заманаялъ Бакълъухъ дибирлъун вукIана машгьурав гIалимчи ГIободаса ШагIбан-къади. Гьелдаса нахъе, щибаб заманаялъ нижер росулъ рукIана кIуди-кIудиял гIалимзаби, хIалтIулеб букIана мадраса. Росдал тарих балагьулаго, Дагъистаналъул гIемерал росабалъе щвана ниж. Квералъ хъварал некIсиял гIараб тIахьазда гьоркьор ратула цIакъго къиматал баянал. Аллагьасе рецц буго, росдал хIакъалъулъ хъварал гIемерал гIараб кагътал щвана нижехъе. Гьеб цIех-рехалъул хIалтIиги нижер жеги рагIалде бахъун гьечIо.