Аслияб гьумералде

РекIее захIматаб хасият

РекIее захIматаб хасият

ГIумрудул нухдасан унаго инсуца гьарурал малъа-хъваязул хъуй жакъаги буго гIундузда багъулеб. Гьес кидаго абулаан: «Нужеца инсанасул ракI лъукъуге, чияе заралги гьабуге», - ян. Гьединго абулаан: «РагIул къуват хвалчадаса цIикIкIараб буго», - иланги.

Гьединаб пикругун цеехун унаго дие кутакалда захIмалъана ва бихьана цо-цо гIадамаз цогидазул бигьаго ракI лъукъулеб бугеб куц. Щай чиясда ракIалде ккезе кколеб жалго лъикIал, цогидал квешал ругин абун. ТIадегIанав Аллагьас нилъ киналго бащадго рижунги рукIаго. Щибго захIмалъи гьечIого, рекIее бокьухъе, дин гьабизе тунги рукIаго, мунагь кколарищ цогидазул ракI беки?

Дунялалъул боцIи хиралъиялъ инсанасда инсан вихьулев гьечIо. Цебесан цо хабарги бицун, нахъасан квешлъи гьабизе нахъе къалелго гьечIо. Амма дица инсул насихIат наслабазеги васияталъе тезе буго. Ва гьелде кIвар гьабулеллъун гьел лъугьагиян Аллагьасдаги гьарула.

ПАТIИМАТ ГIАБДУЛАЕВА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...