Аслияб гьумералде

ХIижазалъул ракьалда цIа ккей

ХIижазалъул ракьалда цIа ккей

ХIижазалъул ракьалда цIа ккей

Къиямасеб къо тIаде щвеялъул Аварагас нилъее рицарал гIаламатаздасан ккола Мадина шагьаралдаса рикIкIад гьечIеб бакIалда, ай ХIижазалъул ракьалда цIа загьирлъи. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «ХIижазалъул ракьалдаса кIанцIараб цIаялъ Бусраялда ругел варанабазул гарбал гвангъизарун гурони къиямасеб къо тIаде щоларо», - ян. (Бухари)

Ибну ХIажар АлГIаскъаланияс, «Бусраялда варанабазул гарбал гвангъун гурони» абураб рагIиялъул баян гьабун буго гьадин: «Гьеб цIаялъул канлъи Бусраялда ругел варанабазде щвезе буго», - ян.

Бусра ккола Шамалъул ракьалда бугеб шагьар. Гьеб лъугьа-бахъин ккана гьижрияб 7-абилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда, ай 654-абилеб соналда. Гьеб заманалъул гIалимзабазги бицана кIудияб цIа ккей букIанин абун.

Имам Нававияс хъван буго: «654-абилеб соналда Мадинаялда цIа ккана. Шагьаралъул бакъбаккул рахъалдехун загьирлъана гьеб. Гьеб хабар хехго Шамалда ва цогидал улкабазда тIибитIана. Жиндирго беразда гьеб бихьарав чияс диеги бицана», - ян.

Ибн Касирица бицана Бусраялда ругел гIалхул гIарабиязда къаси сардилъ ХIижазалда ккараб цIадул канлъиялъухъе жидерго варанаби рихьулел рукIанин абун. Ал-КъуртIубияс «АтТазкират» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъул цIадул мацI Маккаялъул ва Бусраялъул мугIруздасан бихьулеб букIана. Къиямасеб къоялъ гIадамал рахъинаридал ккезе ругел чIахIиял гIаламатазул цIа гуро гьеб», - илан. «ФатхIул Бариялда» Ибну ХIажарица хъван буго: «Аварагас бицухъе, цояб цIа ккей цогидал гIисинал гIаламатазда гьоркьоб ккезе буго, кIиабилеб цIа ккей - къиямасеб къо тIаде щведал ккезе буго», - ян.

ГЬУМЕР ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...