Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Диде хьандолей йиго...

Росасул цее йикIарай чIужуялъе дун рихарай йиго. Дир рахъалъан хIалихьатал харбал рицуна ва дун какула. Гьел ратIалъунин абун дир гIайиб щиб? Гьелъухъа росги вахъичIо дица. Гьелъул заралалдаса кин дунго цIунилей?

ПатIина, МахIачхъала

Нилъедехун чияр бугеб заралалда тIад кверщел гьабизе кIоларо. Гьезие нилъ рокьи, нилъедехун гьел лъикI рукIин ва цогидаб нилъедаго бараб буго. Кинниги нилъеца чияе гьабуралъухъ Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе ккола. Гьединлъидал, битIараб букIина, дуего суал кьуни, гьев чиясдехун кинаб балагьи дир бугебин абураб. Гьесие лъикIлъи бокьулищ дие? Диего бокьараб гьесиеги гьарулищ? Нилъедехун квеш ругезе лъикIалдалъун жаваб кьуни, Аллагьасул ﷻ разилъи щвела. Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасда ﷻ ва Къиямасеб къоялда иман лъурас лъикIаб бице ялъуни вуцIцIун чIа», - ян. (Бухари, Муслим). Гьаб хIадисалъулъ бицаралда гIамал гьабиялъулъ кIудияб пайда буго. Квешлъиялде данде квешлъиялдалъун жаваб гьабуни, гьаб ракьалда квешлъи дагьабги цIикIкIуна. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ЛъикIабги квешабги гIамал цоцада релълъун гьечIо, кIиябго бащадги гьабун гьечIо. Квешаб гIамал гьабулев чиясул квешлъи дуца нахъчIвай лъикIаб гIамалалдалъун. Гьал гIамалал дуца хьвадизаруни, дудехун жиндир тушманлъи бугев чи, мун вокьулев, дур лъикIав гьудуллъун лъугьине вуго. Гьаб берцинаб тIабигIат ва тIадегIанаб макъам щоларо жидеца сабру гьабулел гIадамазе гурони. Гьеб макъам щоларо Аллагьас ﷻ жиндие тIубараб бахьибуголъи кьурав чиясе гурони», - ян (сура «Ал-Фуссилат», аят 34-35). Дуеги лъикIаб буго сабруялда чIезе. Заралалде данде лъикIаб дугIа гьабе. Аллагьасда ﷻ гьаре дудасагоги гьелдасаги тIаса лъугьаян, гIумрудулъ бугеб гьеб захIмалъи баччизе сабру кьеян. Гьединги хIалхьиялда толей гьечIони, росасда абе гьейгун берцинго кIалъайин абун. Гьелъие квешлъи бокьун гьечIеблъиги бичIчIизабе гьесда. Анас бин Маликица бицана: «Дида киданиги бихьичIо жиндиего квешлъи гьабурав чиясе Аварагас ﷺ тамихI гьабулеб. Гьелъул гIаксалда, гьес ﷺ кидаго зарал гьабурасда гурхIун, тIаса лъугьиналде ахIулаан», - ян (Абу Давуд).

Нилъедехун чияр бугеб заралалда тIад кверщел гьабизе кIоларо. Гьезие нилъ рокьи, нилъедехун гьел лъикI рукIин ва цогидаб нилъедаго бараб буго. Кинниги нилъеца чияе гьабуралъухъ Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе ккола. Гьединлъидал, битIараб букIина, дуего суал кьуни, гьев чиясдехун кинаб балагьи дир бугебин абураб. Гьесие лъикIлъи бокьулищ дие? Диего бокьараб гьесиеги гьарулищ?

Нилъедехун квеш ругезе лъикIалдалъун жаваб кьуни, Аллагьасул ﷻ разилъи щвела.

Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасда ﷻ ва Къиямасеб къоялда иман лъурас лъикIаб бице ялъуни вуцIцIун чIа», - ян. (Бухари, Муслим). Гьаб хIадисалъулъ бицаралда гIамал гьабиялъулъ кIудияб пайда буго. Квешлъиялде данде квешлъиялдалъун жаваб гьабуни, гьаб ракьалда квешлъи дагьабги цIикIкIуна.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ЛъикIабги квешабги гIамал цоцада релълъун гьечIо, кIиябго бащадги гьабун гьечIо. Квешаб гIамал гьабулев чиясул квешлъи дуца нахъчIвай лъикIаб гIамалалдалъун. Гьал гIамалал дуца хьвадизаруни, дудехун жиндир тушманлъи бугев чи, мун вокьулев, дур лъикIав гьудуллъун лъугьине вуго. Гьаб берцинаб тIабигIат ва тIадегIанаб макъам щоларо жидеца сабру гьабулел гIадамазе гурони. Гьеб макъам щоларо Аллагьас ﷻ жиндие тIубараб бахьибуголъи кьурав чиясе гурони», - ян (сура «Ал-Фуссилат», аят 34-35).

Дуеги лъикIаб буго сабруялда чIезе. Заралалде данде лъикIаб дугIа гьабе. Аллагьасда ﷻ гьаре дудасагоги гьелдасаги тIаса лъугьаян, гIумрудулъ бугеб гьеб захIмалъи баччизе сабру кьеян.

Гьединги хIалхьиялда толей гьечIони, росасда абе гьейгун берцинго кIалъайин абун. Гьелъие квешлъи бокьун гьечIеблъиги бичIчIизабе гьесда.

Анас бин Маликица бицана: «Дида киданиги бихьичIо жиндиего квешлъи гьабурав чиясе Аварагас ﷺ тамихI гьабулеб. Гьелъул гIаксалда, гьес ﷺ кидаго зарал гьабурасда гурхIун, тIаса лъугьиналде ахIулаан», - ян (Абу Давуд).

Психологасул жаваб

ГIумруялда жанир рукIуна цо-цо ишал сан гьаричIого тезе кколел. Заман индал, гьел жалго тIуранги ратула. Дур хIалги гьединабго буго. Гьелъ дуе квешлъи гьабиялъе сабаб ракIхвей ва ццин батула. Гьедин йикIиналъе гIемерал гIиллабиги ратула ялъуни гьей ятула цогидазулгун гIамал рекъоларей гIадан. Гьелда гIайибал чIвазеги гьелъулгун рагъ базеги дуца кколаро. Гьелъул хIисабалда, вукIарав росас гьадигIан хехго чIужу ячинин ракIалде ккун букIун батуларо. Гьелъ буго гьеб ццим бахъинги.

Гьелъул гьерсал хIехьезе дуе захIматго батула. Гьелъие жаваб гьабун, мунго ритIухъай йикIин чIезайизе лъугьани, гIадамазда ккезе буго дой битIарай йикIун йигин абун. Амма гьелъ абураб сан гьабичIого тани, гьей мурадалде щвезе гьечIо. Гьелъул мурадги нужер хъизан биххи бугелъулха.

Байбихьуда гIадамал гIенеккизе руго гьелъ бицунелъухъ. Амма хадуб гьел ругьунлъизе руго гьелде ва гьезда чIалгIине буго гьелъул къватIул хабар. Данде жаваб кьолеб гьечIеблъи бихьидал, гьелдаги чIалгIине буго цого жо бицуней йикIин. Нагагь чIечIони, росасда абизе бегьула гьей гIадан берцинго гIодое юссинаейин абун. Гьелъул гIамалги лъан, жийго гIодое юссинегIан росасги гьей тезе рес буго.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...