Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

«Дие мун йокьуларо»

 

Дир лъимадуе буго лъабго сон. Гьесие бокьарабщинаб гьабула дица, гьевгун ясандула, малъула, тарбия кьола. Сахаб къоялъ гьевгун йикIуна, амма гьесул кIалдиса «Дие мун йокьуларо» абун гурони рагIи бачIунаро. Росасин абуни вичча-вихъан тун вуго гьев. Гьесие бокьараб беэнлъиги босула кваназе, лъимадуе гьелъул зарал бугониги. Цинги рос хIалтIуде унелъул гьесда хадуб лъимер гIодула. Дун квешай эбелищха кколей?

 

Г. Рашидова, Избербаш

 

ГIалимчиясул жаваб

Лъималазул гьединаб гIамал букIуна ва гьелъулъ щибго квешаб жо гьечIо.

Цоги нухалда лъимадул ццин бахъиндал, гIодове виччазегIан живго те. Виччай гьев ургъизе жинцаго абурал рагIабазда тIад. Амма рикIкIаде унге. Гьесда бичIчIизе ккола гьев «квешав» вугониги нужеца рехон толаревлъи.

Лъимадул ццин бахъиндал, гьеб чучизегIанги тун, цинги малъе мекъи жаваб кьечIого, битIарал рагIабаздалъун жавабал кьезе. Лъимадул гIадат буго жидеего бокьулареб жо гьабидал, бокьараб куцалъ жалго цIунулеб. Гьединлъидал, «Дие мун йокьуларин» абулел рагIаби хисизе бегьула «Эбел, гьаб пишаялъ дун къварид гьавуна» абурал рагIабазде.

Квешал рагIабаз гIадамазе зарал гьабулеблъи бичIчIизабе гьесда. Пайдаял, жиндаса мисал босизе бегьулел къисаби рице.

ЦIадуца цIа свинабизе лъугьунге. КигIан ццин бахъун лъимер бугониги, цого рагIабиги абун, гьев лъугьухъе лъугьунге. Гьелъул бакIалда, «Дие мун вокьулин» абизе хIаракат бахъе.

КигIан квешаб гIамал лъимералъ бихьизабуниги ва кигIан лъикI ццин бахъаниги, берцинго кIалъазе жигар бахъе. Гьесул рекIее гIолареб жо щиб бугебали лъазабе, цинги берцинго гьесие зарал гьечIеб хIалалда, гьеб тIубазабиялдеги кIвар кье.

Лъимазе тарбия кьеялде бищун кIвар кьезе кколев чи вуго эмен. Гьесги малъизе ккола лъимада сверухъ ругезде лъикIаб бербалагьи гьабизе кколин ва хасго эбелалъул адаб хIурмат гьабизе кколеблъи. Аварагас ﷺ абуна: «Инсуца васасе кьолелъул бищун лъикIаб битIараб тарбия ккола», - ян. (Тирмизи)

 

Психологасул жаваб

Гьеб гIелалда ругел лъималаз кидаго гIадин эбел-инсул адаб къанагIат гурони гьабуларо ва гьединал рагIабиги гIемер абула. Гьелъ магIна кьоларо мун квешай эбел йигин абураб, гьеб буго гьеб гIужалде рахарал лъималазул гIамал-хасият загьирлъи. Психологияб литератураялда гьелда абула «Кризис трех лет» абун. Гьелъул гIаламатаздасан ккола гIамаликълъи, малъараб гьабунгутIи, гIенеккунгутIи, эбел-инсул къимат гьабунгутIи ва кинабго жо жинцаго гьабизе лъугьин. Жиндиего бокьараб, ай гIорхъаби цIунун гIадатлъун билълъараб гьабизе виччан тани ва гьесулгун гIаммаб мацIги батичIони, кватIичIого гьеб «кризис» гьесда тIаса уна.

Росасул лъимадехун бугеб бербалагьиги мекъаб буго. Гьеб куцалда лъимер гогьдаризабизе бегьуларо. КIудияв гIедал жеги цIикIкIун тIалаб гьабизе буго гьес. Лъималазе тарбия кьезе малъулел лъикIал тIахьал руго гьанже. Гьел цIале ва гьезда рекъонги тарбия кьезе бегьула.

 

ХIадур гьабуна

Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...