Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Нечолев вуго...

Намус гьечIезе гIумру гьабизе бигьаяб буго. ГIемерисел суалалги гьез нич тун тIуразарула. ГIодоре риччарал, нечарал гIадамалин абуни санцин гьаруларо, хIатта загIипал гIадамаллъун рикIкIуна. Лъазе бокьилаан нич кин инабилебали?

ПатахIудин, Гъизляр.

ГIалимчиясул жаваб

Гьелъул магIна ккола гьединав чи адаб гьечIев вугин абурабги. ГIемерисел гьединал гIадамал лъугьуна гьитIинаб мехалъ эбелинсуца гогьдаризарурал лъималазул. ХIакъикъаталдаги гьеб буго чиясул гIамал кIодолъи. Гьединаб гIамалалъ гIадамазул рокьукълъи жиндехунго бижизабула. Гьединлъидал щибниги лъикIаб жо гьечIо гьеб рагIулъ. Исламияб диналъги цIакъ какараб жо буго гIамал кIодолъи, цогидаздаса жив чIухIи, кIудияв чилъун живго жиндаго вихьи. Инсанасе гьел тIабигIатал жив чIвалеллъун руго.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Мун гьаб ракьалда тIад чIухIун хьвадуге, къаркъала гьетIаризабуге. Дуда кIоларо кинабго ракьалда тIад хьвадун гьелда дур чIухIи бихьизабизе, мугIрузда тIаде вахун гьел дуе мутIигI гьаризе», - ян (суратул «Исраъ», 37 аят).

Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго чIухIи гьечIого рукIиналде. Нич абураб рагIи ккола рекъечIеб жо гьабиялдаса цIунун чIей. Нич ккола лъикIаб тIабигIатазул цояб. Нич гьечIолъи инсанасул гIунгутIилъун рикIкIуна. Инсанасулъ нич букIиналъ тIоритIел гьабула гьесул иманалде. Аварагасул ﷺ кьучIаб хIадисалда буго: «Нич – иманалъул гIаркьел ккола», - ян. (Бухари, Муслим)

Ракьалда бугебщинаб рухIчIаголъиялъе ТIадегIанас ﷻ ризкъи бихьизабун буго. Нич тун гьеб ризкъи тIалаб гьабизе кколин абураб жоялъ гуккизе рукIине бегьуларо. ТIадеги, гIадамазе зарал гьабичIого, сабруялда, Аллагь ﷻ разияб хIалалда гIумру тIамизе жигар бахъизе ккола. Аварагас ﷺ абун бугелъул: «Нужер бищун лъикIал гIадамазе цIикIкIун пайдаяллъун ругел руго», - ян. (ТIабарани)

Психологасул жаваб

Гьаб заман буго гIадамаз бокьа-бокьараб бицунеб. Нечарал гIадамазда ракIалде кколеб буго нич гьечIел рукIаралани киналго къваригIелал гьезул тIуралаанин абун. ГIодобе биччараб гIамал букIиналдалъун гIемераб жо гьаб дунялалда жидее щоларин абунги кколеб буго гьезда ракIалде. Амма гIумруялъ бихьизабулеб буго нич ва адаб гьечIел гIадамал церетIураллъун рукIунгутIи. Жидерго хъачIаб гIамалалдалъун хIалгьабун щвараб жоялъ талихIаллъун гьел гьаруларо. Кидакъадниги гьезда бичIчIула щиб щваниги жалго янгъизаллъун рукIин. ХъачIал чагIазда аскIов чиго чIоларо.

Нич лъикIаб жо буго, амма рукIуна бакIал нечезе рекъараб гьечIебги. Масала, букIуна бакIал нилъерго пикру загьир гьабизе ва жиндирго ихтиярал цIунизе ккараб. Жеги гIадамаз гьарараб гьабизе бокьун гьечIони, «гьабизе гьечIин» абун абизеги кIвезе ккола. Гьединаб бакIалда нечезе рекъараб букIунаро. Киналниги гIадамазе лъикIавлъун вукIине кIолареблъи бичIчIизе ккола. Кидаго ратула гIадамал нилъедаса рази гьечIел ва нилъ какулел. Гьединлъидал берцинго, шаргIалда дандекколеб къагIидалъ гIумру тIамизе хIаракат бахъизе ккола.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...