Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Яс гIенеккулей гьечIо

Ясалъулгун хабар бицун бажарулеб гьечIо дихъа. ГIенеккулей гьечIо гьей. ГьитIинаб къоялдаса нахъе ратIлил дизайнерлъун яхъине бокьун буго гьелъие. Дие бокьун буго цин мадрасалда гьей цIализе. Дир анищал лъайдал гьей гIодулей йиго ва рази гьечIо. Гьелъие лъикIлъи бокьун буго дие, амма гьелда бичIчIулеб гьечIо. Кин дица гьей рази гьайилей мадрасалде лъугьине?

М. ХIанипова

ГIалимчиясул жаваб

Эбел-инсуе бокьула лъимал жидехъго кидаго гIенеккизе ва кьерилазе гьел мисаллъун рукIине. Амма дагьал лъавуде рачIиндал эбелэмен дандчIвала лъимал жидехъго гIенеккунгутIиялда. Тохлъукьего гIенеккулеб букIараб лъимералъ байбихьула абуралда данде чIезе. Цинги эбел-инсуда цебе бачIуна суал кин лъимер цIидасан жидеего мутIигIлъулеб куц гьабилеб абураб.

ГIемерисел умумузе гьеб кутакалда захIмалъула ва гьел лъугьуна гьаракь борхиялдалъун ва гIайибал чIваялдалъун гьеб суал борхизе. Гьелде тIаде цо-цояз кьабула ва нагIанацин кьола. Амма гьединаб тарбия кьеялъ ахIвалхIал жеги хIалуцинабула. Щайгурелъул ццим бахъиналда ва хIинкъиялда тIаде жеги ракIхвейги бачIунелъул.

Нилъеда лъала аварагас цебе рехсараб хIалалъ кьолароан тарбия ва нагIана кьезе жеги гьукъунги букIана. Аварагас абуна: «Нужеего ва нужер лъималазе нагIана кьоге. Рес буго дугIа къабуллъулеб гIужалде данде ккезе, цинги Аллагьас гьеб дугIаялъе жавабги гьабизе», - ян. (Муслим)

Лъимал гIенеккунгутIиялде данде бищун лъикIаб дару ккола гьез абураб гьабунгутIиялъе гIилла ва сабаб лъазаби. Гьединлъидал нужеца хIаракат бахъе ясгун гIемер рукIине ва нужеца малъулелъулъ бугеб пайда ва кIвар баян гьабизе.

Бице ясалъе мадрасалда цIализе лъугьиналдалъун ратIлил дизайнерлъун яхъиналъе щибго квалквал гьечIолъи. Мадрасалда лъималазе битIараб ва рухIиябгун тIабигIат лъикI гьабиялъул тарбия насиблъула. Кинаб хIалтIуде лъугьаниги кидаго гьелъие хIажатаб талихIалъул кIуллъун букIина гьелъие мадрасалда щвараб лъай ва тарбия.

Психологасул жаваб

Цо-цо эбел-инсуда ккола гьез малъаралъ лъимал кидаго талихIалде рачунин абун, амма гIумруялъ бицуна цин гьеб жалго цIуниялъе букIунеблъи. ГьабсагIаталъ ясалъе бокьун батичIони мадрасалда цIализе лъугьине, хIал гьабун цIализайи дур рахъалъан мекъаб букIина. ГIумруялъул мисалалдаса бихьула цо-цо умумуз жидеего ва лъималазе хIинкъи гьечIолъи букIинабизе мадрасалде цIализе хIал гьабула.

Гьезда ккола гьенир ругел мугIалимзабазул бербалагьиялда гьоркь рукIиналъ лъимал жидее мутIигIлъилин ва малъараб гьабилин абун. Гьеб битIараб буго, амма хIал гьабун, лъималазе бокьичIого гьенир ритIун гуро. Руго мисалал гьедин хIал гьабун ритIидал битIараб нухде ккарал, амма жеги цIикIкIун руго мисалал гьелъул гIаксалда, диналдаса рикIкIалъаралги.

Дур мисалалда лъикIаб букIина ясалда данде чIечIого гьелъие бокьаралъе квербакъани. Дуца хIаракат бахъизе ккола шаргIалъе данде кколеб хIалалда ратIлил дизайнерлъи гьелда малъулеб бакIалде гьей цIализе лъей.

Бусурбабазул ретIел гьабулел бакIалги ругелъул кигIан бокьаниги. Хадуб дизайнерлъун яхъинчIониги гьелда бихьизе буго эбелалъул рахъалъан бугеб кверчIвай ва кумек. Гьеб мехалъ дуца абураб гьелъ нахъчIваларо.

Бищун лъикIаб букIина гьейгун цадахъ дуцагоги байбихьани гIелму тIалаб гьабизе. Цадахъ гьабураб жоялъулъ цIикIкIун баракатги букIина. Мун йикIине ккола ясалъе бищун лъикIай эбелги ва бищун лъикIай гьудулги.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...