Аслияб гьумералде

Лъие кьелеб сахI?

Лъие кьелеб сахI?

Цогидаб закагIатго гIадин, закатул фитIриги, Къуръаналда рехсараб микьго тайпаялъе кьезе тIалъула.

 

Гьелги ккола:

  1. Пакъирзаби. Пакъир ккола жиндир боцIиги, мухь щолеб хIалтIиги гьечIев, ялъуни жиндир хIалтIи бугони, амма гьеб хIалтIуца жиндиеги жиндир агьлу-хъизамалъеги кваниеги, ратIлиеги, рукъалъеги хIажалъулеб къадаралъул бащалъиялдасаги дагьаб жо гурони щоларев чи. Масала, анцIго гъурщиде хIажалъулеб бакIалда, лъабго-ункъо гурони гъурущ батизе кIоларев чиясда абула пакъирилан.
  2. Мискинзаби. Мискинчи ккола жиндир чара гьечIеб къадар боцIул ва харж щолеб хIалтIи бугев чи, амма гьелъ жиндиеги жиндир агьлу-хъизамалъеги хIажалъулелдаса бащалъиялдаса цIикIкIун гурони щоларев. Масала, анцIго гъурщиде хIажалъулев чиясе микьго-ичIго гурони щолеб гьечIони, гьев мискинчи ккола.
  3. ЗакагIаталда тIад хIалтIулел чагIи. Гьеб бакIаризе, хъвазе, бикьизе имамас тарал гIадамал. Гьел чагIазе, бечедал ругониги, хIалтIухъ балагьун, мухь хIисабалда, закагIат кьола.
  4. ЦIибусурбанлъарал чагIи. ЗакагIат кьеялдалъун жидер иман щулалъулел яги жидерго къавмалда жаниб къадру бугел бусурбаби, ай жидее закагIат кьеялдалъун цогидалги исламалде рачIиналде хьул бугел.
  5. Жидеда тIад боцIиги къотIун, тархъарал лагъзал. Гьезиеги, жидеда тIад бугеб хIакъ тIаса бихьизе, закагIат кьола.
  6. Налъулал. ХIалалаб ишалъе гIоло жидеца налъуда боцIи босарал ва гьеб бецIизе хIалкIоларел гIадамал. Гьезиеги, налъи тIубазе, квана-гьекъезе, ретIине гIураб жо кьезе. Гьезда гъорлъе уна бусурбабазда гьоркьоб ккараб дагIба-рагIи гIодобе буссинабизе хIажалъун, гьелъие гIарац къарзалъе босарав чиги. ХIарамаб ишалъе, масала, риба, гIаракъи, чи чIвай гIадал жалазе гIоло налъукье ккарав чиясе закагIат кьоларо.
  7. Гъазаваталъе гIоло рахъун чIарал. Жидее байтул малалдаса чIараб харж гьечIел гIадамал. Гьезиеги, бечедал ругонигицин, рокъоса рахъаралдаса тIадруссун рачIинегIан, гьез хьихьизе кколелщиназеги кваназе ва ретIине гIолеб къадар закагIаталъул кьола.
  8. ХIалалаб сапаралда ругел гIадамал. Гьезиеги, ине ва рачIине, рекIине, юк баччизе гIураб къадар закагIаталъул кьола. ХIарамаб сапар бухьаразе (чи чIвазе, гIаракъи босизе унезе, росасул изну гьечIого яги цадахъ махIрамияв гьечIого къватIие яхъарай чIужугIаданалъе ва гь.ц.) закагIат кьоларо.

Гьал микьалго тайпабазул росулъ кинал ругониги, цонигияб тайпа махIрум гьабизе бегьуларо, щибаб тайпаялъе кьолеб бутIа бащадаб букIине ккола, цого-цо закагIаталда тIад хIалтIулел гIадамазе хутIун. ЗакагIат щолел тайпабазул цонигиял камуни, камуразе кколеб бутIаги ругезе буссинабула. Цо тайпаялде гъорлъе унел гIадамазул щивасе кьолеб бащад букIине тIадаб гьечIо. Цоясе цIикIкIун, цоясе дагь кьуниги бегьула. Ругел тайпабазулги, имам ШафигIиясул мазгьабалда рекъон, закагIаталъе мустахIикъал гIадамал дагьал гIорхъичIварал ругони, киназего щвезабизе тIалъула. ГIорхъичIвачIел гIемерал ругони, щибаб тайпаялдаса лъаб-лъаб чиясениги щвечIого гIоларо. Ресги букIун, мустахIикъал чагIазул цониги чи гьоркьов виччани, гьесие боцIилъун рикIкIунеб жоялъул бищун дагьаб къадар бецIизеги тIалъула. Цогидал имамзабазул бихьизабиялда рекъонин абуни, жамагIаталъ данде гьарурал сахIал ругониги, цо чиясе кьуниги гIола.

 

 

МухIаммад ХIабибов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...