Аслияб гьумералде

Черх чуриялъул хIукмаби

Черх чуриялъул хIукмаби

Черх чури тIад гьабулел жал ккола: хвел (хварав чи чуризе тIадаб бугелъул), хIайиз, нифас, лъимер гьаби яги рехи (гьитIинаб гьанал кесек реханиги).

 

Мани бачIин (мани батIа бахъизе лъала бачIунаго лазат щвани яги речIчIун бачIани, лъамаго бугони буцараб гIатIалъул гIадаб махIалдалъун, бакъван бугони, ханил хъахIлъиялъул гIадаб махIалдалъун, чIужугIаданалъулгун яги цоги лъилгун бугониги жинсияб хурхен гьабуни).

 

Черх чуризе тIадав чиясе хIарамлъулел жал

Черх чурун гьечIони, гьесие хIарамлъула Къуръан цIализе, как базе, тIаваф гьабизе, Къуръаналда квер хъвазе, Къуръан баччизе, мажгиталда чIезе, хIайизалдаги нифасалдаги йигей гIаданалъул цIинуялдаги накабаздаги гьоркьоб бакIалда пардав гьечIого рос хъвазе, хасго хIарамаб буго гьеб хIалалъулъ чIужуялъе жимагI гьабизе, гьелдаса рос гьукъизе чIужуялдаги тIадаб буго. ХутIарал азкарал, тасбихIал, дугIаби, ссалат битIи, Аллагь рехсей черх чурун гьечIониги хIалаллъула.

Жунублъарав чиясе карагьалъула черх чурилелде цебе расал, малъал ялъуни черхалъул щиб бугониги жо тIаса инабизе. Жунублъун хадуб кваназе, кьижизе яги кIиабизеги жимагI гьабизе бокьани, каки чуризе суннатлъула, каки чуричIого гьеб гьабизе карагьалъула.   

 

Черх чуриялъул паризаял жал

Черх чуриялъул кIиго парз буго: «Дица ният гьабуна паризаяб черх чуризе», - ян яги «Дица ният гьабуна черх чуриялъул парз тIобитIизе», - абун ният гьаби. Ниятги, черх чуризе байбихьиялда, цадахъ гьабула. Черхалъул цо бакI чурун хадуб ният гьабуни, ният гьабун хадуса кIиабизеги гьеб бакI чуричIони, черх чури малъуларо, щай абуни гьеб ният гьабиялде гъорлъе ккун гьечIелъул.

КIиабилеб парз - тIолго черхалъул тIомги расазул кьалбалги риччизари. Гьеб кIиябго, ай ниятги тIолабго черх биччизабиги тIубани, черх чуриги малъула, гьелдалъун как байги тIубала.

 

Черх чуриялъул суннатал жал

Черх чуриялъул суннатал жал 12 руго: къилбаялдехун вуссин; кIиябго квер чури, какиего гIадин дугIабигун цадахъ  камилго какичури гьаби, черхалъул сукIалабазул рацIцIалъи гьаби, черхалдаса цебеккун нажаслъи тIаса инаби, цин бетIералде, цинги кваранаб хьибилалде, цинги квегIаб хьибилалде лъим чвахизаби ва киса-кибего квер щвезабун квераз черх лъулъай; щибаб жо лъабцIул такрар гьаби; черх чурулеб лъим сахIалдаса дагьаб гьечIеб букIин; мани бачIиналдаса черх чурулеб бугони, черх чурилалде цебе кIващ тIей, черх чуриялъул ахиралда дугIа цIали (какичуриялъул ахиралда цIалулеб).

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...