Аслияб гьумералде

Нажаслъи тIад букIаго…

Нажаслъи тIад букIаго…

Нажаслъи тIад букIаго…

Черхалда, яги ратIлида, яги какикь тIамураб жоялда нажаслъиги тIад букIун, как базе бегьуларо. Нажаслъи тIад букIин лъачIого как бан батани, гьебги тIаса инабун, цIидасан бала как. Гьеб какил гIуж борчIун батани бецIунги бала.

Какилъ гIафву гьабулеб, ай тIаса лъугьун толеб нажаслъи

КъватIал чорокго ругони, ратIлил цIунизе захIмалъулел бакIазде гьеб бахунеб бугони, гьелдасаги гIафву гьабула. Нажасаб къватIалдаса рачIунел цIадал тIирабаздасаги, ругъназул, рижарал жалазул биялдасаги, укол гьабун баккараб биялдасаги гIафву гьабула, нацI-чIетIалъул биялдасаги, рахьдалъе дагьа-макъаб рак бортани, гьелдасаги гIафву гьабула. ЛагIараб лъимералъул кIал эбелалъул кереналда хъвани, гьелдасаги гIафву гьабула, хъураб хIайваналъул чехь-бакь-бакIвалиялда чурун хадуб хутIараб гIиси-бикъинаб ракалдасаги гIафву гьабула. Ракуца бакараб цIаялдалъун бежараб чедги кваназе бегьула, хIаналъулъ бетизе хIалтIизарулел жалаздасаги гIафву гьабула, хIама-гIорцIеналда тIад рекIунаго ратIлида хурхарал расаздасаги гIафву гьабула. Къокъго абуни, жиндаса цIунизе захIмалъулебщинаб нажаслъиялдаса гIафву гьабула.

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...