Аслияб гьумералде

СагIудияз вагьабиязе къолъикI гьабуна

СагIудияз вагьабиязе къолъикI гьабуна

СагIудияз вагьабиязе къолъикI гьабуна

2021 соналъул ихдал, СагIудиязул гIарабиязул улкаялда ккана гIажаибаб лъугьа-бахъин. Гьениб къабул гьабуна пачалихъ цебетIеялъул «Балагьи 2030» абураб программа. Гьеб заманалда киналго гуро хадур гъолел рукIарал, программа ургъарав, хIакъикъаталдаги улкаялъе нухмалъи гьабулев вугев принц МухIаммад бин Салманица улкаялъул экономикияб рахъ гуребги цебетIезабулеб бугин абураб пикруялде. СагIудиязул улка гIуцIаралдаса 80 сон бан хадуб хисана гьезул диналъул рекIелчIейги. Вагьабизмалъе ахир лъуна.

 

«Нилъ тIадруссунел руго исламалъул аслуялде, Бичасул аварагасул ﷺ, гьесул ункъавго халифасул гIумруялде. Рагьараб ва ракълилаб жамгIияталде», - ян лъазабуна 2022 соналъ принцас улкаялда гьарулел ругел хиса-басиязул бицен гьабулаго. Жидерго хIукуматалъул цебе аралъул бицунаго, гьев мукIурлъулев вуго вагьабизмалъ гьабураб кIудияб заралалъе.

«1950-1970 соназда цIакъго захIматаб хIал букIана нижер улкаялда. Нижехъ рукIана гIарабиязулгун социалистияб ва коммунистияб гIуцIиялъул батIи-батIиял проектал. Гьеб заманалда рес щвана экстремистиял къокъабазе СагIудиязул гIарабиязул къираллъиялъул экономикиябгун административиял нухмалъиялде гьоркьоре журазе. Гьеб хIакъикъатги ккана вахIшиял хIасилал ккеялъе ва гьелъие нугIзал нижги руго», - ян мукIурлъана МухIаммад бин Салман. Гьесул рагIабазда рекъон, СагIудиязул Къираллъи ккана дунялалдаго ругел экстремистиял къокъабазул къурбанлъун ва «аслияб мурадлъун дунялалъулго экстремизмалъулгун террористиял актазе».

«Усама бен Ладенлъун дун вукIаравани, дир мурадги букIарабани тIолгодунялалда экстремизм тIибитIизаби, дица кисандай байбихьилаан? Узухъда, бусурбабазул хириял ракьал ругеб бакIаздаса, тIолгодунялалъулго бусурбаби ракIарулеб, щибаб какилъ гьел руссунеб бакIалдасан. Цинги дир проектги дунялалдаго тIибитIилаан хехго. Гьединлъидалин, кисан байбихьилебали лъаларого вугев бокьарав террорист ургъулев СагIудиязул Къираллъиялда», - ян бицана принцас журналистазулгун букIараб дандчIваялда.

Гьес бицана МухIаммад бин ГIабдулвагьабил тIахьал хIалтIизарунин киналго экстремистаз жидерго мурадал тIуразелъун.

«Гьеб киналъго кутакаб зарал гьабуна сагIудиязе, гьезул къимат халкъазда гьоркьоб бортиялъеги. Гьелъул хIасилалда, гьанже бажарулеб гьечIо чIараб бакIалдаса кьуризе, бакI-бакIаздаса инвесторал ахIизе, туризм цебе туркIулеб гьечIо, нижеда кIолеб гьечIо церетIезе экстремистазул пикру гъорлъ букIаго. Нужее бокьун батани миллионал хIалтIулел бакIал рагьизе, нужеда ракIалда батани халкъалъул хIалтIи гьечIолъи тIагIинабизе, экономика цебетIезабизе, магIишаталъул хайир борхизабизе, чара гьечIого экстремизм кьолболъанго тIагIинабизе ккола», - ян лъазабуна Къираллъиялъул наслуялъул кверщел кодоб бугев принцас.

«МухIаммад бин ГIабдулвагьаб – СагIудиязул ГIарабия гуро. Нижехъ гIумру гьабун руго суннитал, шигIитал ва гьединго батIи-батIиял рикьалабазул вакилзаби. БитIараб буго, сагIудиязул тарихалда лъалкI буго экстремизмалъулги. Гьеб киналъего гIайибиял руго «Ихванул муслимин», «ИГИЛ» ва цогидалги гьукъараллъун ругел террористиял къокъабигун гIуцIаби. Ниж гьабсагIат битIараб нухда руго», - ян абуна МухIаммад бин Салманица Америкаялъул журналистазе кьолеб жавабалда.

Улкаялда реформа байбихьаралдаса 10 сон ун хадуб, щибго щаклъичIого абизе бегьула, МухIаммад бин Салманица цохIо интервьюял кьей гуребги, щибаб гали ургъун тIамулаго лъикIаланго кIудияб хIалтIи гьабун бугин улкаялдаян.

ТIоцебесеб иргаялда, хIуку-маталъул нухмалъулез инкар гьабуна исламалъе нухмалъи гьабулеб букIараб цIакъго къваридаб, гIакъликъаб вагьабиязул пикруялдаса. Киназегоян абичIониги, сагIудиязе бокьана улка цебе бачиналъул принцасул пикраби. Гьесул яхIгун бахIарчилъи гIуна сагIудиязда жаниб вагьабиязе талихIаб гIумруялъул поездалъе билетал лъугIун ругеблъи бихьизабизе. Берцинго бичIчIизе бокьичIезда дагьаб батIияб къагIидаялдаги баян гьабуна. Туснахъалде ккана вагьабиязул гIезегIанго насихIатчагIи. Гьезда гьоркьов вукIана Дагъистаналдаги жиндир цIар машгьурав (вагьабиязда гьоркьоб), Фавзан. Туснахъалъуб гIемер мех бачIониги, гьесие щвана вагIзабигун цеве вахъинчIого чIезе дарс. Гьанже гьесул рачIчIазе рес буго архивалда бугеб насихIат гIемер сверизабун балагьизе, тIаде цIияб бачIунеб гьечIелъул.

КIиабизе абуни, МухIаммад бин Салманица хIалтIи къокълъизабичIо цого-цо вагьабиял дорегIан цвиялдалъун. СагIудиязул тарихалде букIараб хурхенго лъугIизабичIого гIодове вуссинчIо гьев. Цо хасал тIахьазда нилъеда дандчIвала СагIудиязул ГIарабия гIуцIиялда МухIаммад бин ГIабдулвагьабил цадахъаб хIалтIи букIанин абун. 2022 соналдаса нахъе МухIаммад бин Салманил буюрухъалда рекъон, СагIудиязул гIарабиязул улка гIуцIиялъул тарих бихьизабун буго 1727 сонлъун. Гьелъул тахшагьар кколаан ДаргIа абураб, Неждалда бугеб шагьар. Гьеб ккола МухIаммад бин ГIабдулвагьабил маргьаби раккилалде 18 соналъ цебесеб заман. Гьединал ишаздалъун сагIудияз гьанжесел вагьабиял рикIкIад гьари гуребги, жидерго тарихалдехун бугеб бухьенгицин лъугIизабулеб буго гьезулгун.

Лъабабизе, СагIудиязул Къираллъиялъ нух рагьун буго туристазегун инвесторазе. СагIудия буго исламалъул бечедаб тарих жаниб бугеб ва лъикI цебетIураб экономика букIине лъикIал ресал ругеб улка. Гьаб заманалда бокьарав чиясе рес буго СагIудиялда ругел исламалъул тарихалъул киналго асаразде зиярат гьабизе. Цебе вагьабияз гьеб ширкгун куфрулъун рикIкIунаан.

Дагьаб цебе вагьабиязул улкайин цIар букIараб СагIудиязул Къираллъиялъ гьанже чIванкъотIун инкар гьабулеб буго гьезул игIтикъадалдаса. Принц МухIаммад бин Салманица рагьун ва чIванкъотIун лъазабулеб буго вагьабизм жидер улкаялъул сиясаталъул аслулъун гьечIин абун. Гьелъул гIаксалда, СагIудия хIадур бугин исламалъул кьучIал аслабазде тIадбуссине.

 

Роберт Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...