Аслияб гьумералде

Ражаб моцIалъул хиралъи

Ражаб моцIалъул хиралъи

Ражаб моцIалъул хиралъи

Гьале тIаде щвана хирияб Ражаб моцI. Гьелдаго хадуб тIаде щвела ШагIбанги, цинги Рамазанги. Гьел хириял моцIал тIаде щолел рукIин буго Аллагьасе щукру гьабизе кколеб кIудияб нигIмат. ГIемерал бусурбабаз суннатаб кIал ккола тIубарабго Ражабги ШагIбанги моцIаз, рецIизе кIалал ругезги жигар бахъула кIалал рецIизе. Суннатал кIалал кквейин абуни, кIудияб кири щолеб жо буго.

 

Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасул нухда цо къоялъ кIал ккурав чи Аллагьас 70 соналъул манзилалъ жужахIалдаса рикIкIад гьавула», - ян.

Аллагь разилъаяв имам Гъазалияс хъван буго: «ГIицIго паризаял кIалал кквеялда къокълъуге, гьелда къокълъани, ахираталда суннатал кIалал ккуразе щолеб хайир бихьидал, мун пашманлъизе вуго», - ян.

Ражаб моцI ккола исламияб календаралда рекъон анкьабилеб моцI. Ражаб абураб рагIул магIна ккола «кIодо гьабуна» абураб.

Ислам бачIиналде цебеги гIарабияз кIодо гьабулеб моцI букIана гьеб. Хасго Музар тухумалъ кIодо гьабулеб моцI букIиналъ, ражаб-музариланги абула гьелда. Гьеб моцIалъул къоло анкьабилеб ккола МигIражалъул сордо. Гьеб сордоялъ лъиего кьечIеб бищун тIадегIанаб даражаялде вахинавуна нилъер свалат-салам лъеяв Авараг.

Ражаб моцI ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабураб хIурматиял моцIазул цоябги, гьел моцIал тIаде щвараб мехалъ исламалда цебесеб заманалдаги гIарабаз рагъ къотIизе толаан.

ТIубанго гьел моцIаз кIалал кквезе суннатабилан буго. ТIубанго Ражаб моцI ккун бажаричIони, моцIалъул цебесеб, нахъисеб, бакьулъ лъаб-лъаб къоялъ, яги итни-хамизалъгIаги кквезе гIамал гьабизе ккела. Гьебги бажаричIони, итни-хамизалъгIаги кквезе ккела.

Уздияс загIипаб риваяталдалъун бицараб хIадисалда буго, хIурматиял моцIазулъ лъабго кIал ккуни, хамизги, рузманги, шаматги къояз, гьесие щибаб къо рикIкIун ичIнусго соналъ гьабураб гIибадаталъул кири хъвалилан.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьасги абун буго: «Аллагьас зоб-ракь бижаралдаса хадубго Гьесда аскIоб моцIазул рикIкIеналъул къадар 12 моцI ккола, гьездаса ункъояб буго жиндилъ рагъ хIарам гьабурал», - ян. Воре, нужеца гьал моцIаз цоцазе зулму гьабуге. Цогидал моцIазулъ гьарурал мунагьазда дандеккун гьел моцIазулъ гьарурал цIакъго кIодолъула. Гьединлъидал, гьекъолди, зина, зулму, гъибат-бугьтангIадал ва цогидалги мунагьаздаса хасго гьел моцIазулъ рикIкIад чIезе ккела.

Аллагь разилъаяв ибну ГIабасица абун буго: «АнцIила кIиябго моцIалда гьоркьоса хас гьабун Ражаб, ЗулькъагIида, ЗулхIижа, МухIарам моцIазул, хIурмат гьабуна, гьезулъ рагъги хIарам гьабуна. Гьал ункъалго моцIазулъ гьабураб квешаб гIамалалъул мунагь кIодолъулебго гIадин, гьабураб лъикIаб гIамалалъул кириги кIодолъула», - ян.

Къаттадатица абуна: «ТIадегIанав Аллагьас моцIазда гьоркьоса рищарал моцIаздасан ккола Рамазан моцIги», - ян.

Ражабги, ШагIбанги, Рамазанги ккола устарзабаз кIалал кколел моцIал. Гьел моцIаз гьезде тIаде ин муридзабазул адаб теялдасан буго. Адаб гьабиялдалъун гурони Аллагьасдеги щоларо. Адаб теялдалъун гурони Аллагьасдасаги рикIкIалъуларин хъван буго, жиндир баракат нилъее щваяв КъахIиса ХIасан-афандияс.

Хириял диналъул вацалги яцалги. Аллагьас нилъее тавпикъ кьеги гьал хириял моцIаз кIалал ккун, лъикIабщинаб гIамал гьабун, сардилъ тIаде рахъун Аллагь рехсон, Гьев разилъиледухъ хириял гIужал нухда тIоритIизе.

 

КъурамухIаммад-хIажи Рамазановасул рухIияб ирсалдаса

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...