Аслияб гьумералде

Исламалъул тарихалда цIияб сон

Исламалъул тарихалда цIияб сон

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб цIияб сонги ислам цIилъулеб, бусурбаби рохулеб, баракат, талихI рещтIунеблъун гьабеги. Араб соналда Аллагь ﷻ разилъулареб, хIакъикье кколеб, ахираталда хIисаб-суалалде цIалеб иш гьабун батани, гьединаб гIамал рехун тезе Аллагьас ﷻ гьунар кьеги щивасе. Щиб бугониги талихIалде цIалеб жо гьабулеб букIун батани, Аллагь ﷻ разилъулеб, дунял-ахираталъул, гьединаб гIамал тIадеги цIикIкIинабизе Аллагьас ﷻ къуватги кьеги.

ЦIияб сон тIаде бачIиналдалъун цо рахъалдасан нилъ роханиги, гьелъул цоги рахъ буго нилъ пашманлъизе кколебги. Щайин абуни, цIияб сон тIаде щвеялъул магIна ккола нилъер гIумруялдаса цоги сон камунилан абураб. Нилъее рикIкIун кьурал гIумрудул галабазул цоги галиялъ нилъ хвалиде гIагарлъанин абураб. Гьединлъидал, кIудияб амру тIаде щвезе букIиналъул хIисабги гьабун, цебе букIараб хьвади лъикIаб рахъалде хисизабиялда тIад ургъизе ккела щивав бусурбанчи.

Исана байбихьулеб исламияб тарихалъул сон ккола 1444. Гьелъул тIоцебесеб моцI байбихьула хирияв Аварагас ﷺ Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабураб къоялдаса. Исламияб сон байбихьула мухIаррам моцIалдаса.

Соналъул авалалда цIализе рекъараб хассаб дугIаги буго.

МухIаррам моцI ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал, Ибрагьимил заманалдаго хIурмат гьабулеб букIараб, Къуръан хIадисалъ жиндир хиралъи бицараб моцIазул цояб. Гьединлъидал щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе ﷻ тIагIат цIикIкIун гьабун, хIал кIвараб къадаралъ квешлъи рехун тун нухда тIобитIизе.

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Гъазалияс «ИхIяъалда» хъвалеб буго: «МухIаррам моцI соналъул байбихьи кколелъул, гьеб лъикIлъиялда тIобитIани, гьелъул баракат хутIарал моцIазде бахиналдеги хьул буго», - ян.

Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб Муслимица бицараб кьучIаб хIадисги буго: «Рамазан моцIалда хадусеб, кIал кквезе бищун хирияб моцI Аллагьасул ﷻ мухIаррам моцI буго», - ян. Гьединлъидал тIубараб мухIаррам моцIалъ кIал кквезеги суннатаб буго.

ТIубанго моцIалъ кIал ккун бажаруларев чияс хамиз, рузман, гьатIан къоязниги кIал кквезе жигар бахъизе ккела.

ГIашура къоялъни кквечIого бегьиларо. Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «ГIашура къоялъ ккураб кIалалъ араб лъагIалил мунагьал тIаса ккезарула», - ян. Гьединго кквезе суннатаб буго мухIаррамалъул ичIабилеб анцIила цоабилеб къоязги. ХIадисалда буго: «Дун тIасияб сон тIаде щвезегIан чIаго хутIани, дица ГIашураялъул цебесеб къоялдаги кIал кквейилан амру гьабизе бугилан».

ГIашура къоялъ рукъалъул агьлуялъе квана-гьекъезе жо босун, ретIел-хьит босун, гьел рохизаризеги, гьезие гIатIилъи гьабизеги суннатаб буго. Гьедин гIатIилъи гьабурав чиясе, тIадегIанав Аллагьас тIубараб лъагIалица гIатIилъи гьабизе бугилан бицунеб буго хирияб хIадисалда.

КъурамухIаммад Рамазанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...