Аслияб гьумералде

Шаввалалъул хиралъи

Шаввалалъул хиралъи

Рамазан моцIалде дандеккун, шаввал моцIалъул 6 кIал инсанасул ихтияралда буго. ТIадегIанав Аллагьас гьеб анлъго кIал кквеялъулъ гIабдасе гIемерал пайдаби ва хиралъаби рихьизарун руго, хIатта рамазан моцIалъ кколел паризаял кIалазда хурхинарун руго. Рамазан моцIалъ ва гьелда хадуб шаввалалъул анлъго кIал ккурав чиясе сахаб соналъ кIал ккурабгIан кири хъвала ТIадегIанас.

Щайха шаввал моцIалъ хасс гьабун 6 къоялъ бихьизабун бугеб кIал кквезе? Гьелъие мухIканаб жаваб кьола хадусеб хIадисалъ. Аварагас абуна: «Рамазан моцIалъул кIал анцIгоялде бахинабун хъвала, шаввал моцIалъул анлъго кIал кIиго моцIгIан хъвала, гьеб кинабго цадахъ рикIкIани лъагIалил кIалалда бащалъула», - ян.

Суфяну Саврица бицана: «Чанго соналъ Маккаялда гIумру гьабун вукIана дун. Лъай-хъвай ккана Маккаялда гIумру гьабун вугев цо пуланасулгун. Щибаб къойил вачIунаан гьев ХIарамалъул мажгиталде. Къалъул какги бан, КагIба сверун тIавафги гьабун, салам кьун аскIове гIагарлъулаан. Къоял ана, нижер гьудуллъи щулалъана ва цоцазухъ ралагьун чIун рукIунаан щибаб къойил.

Цо къоялъ дир гьудул кутакалда унтана. Зияраталъе индал гIодобе биччараб гьаракьалдалъун гьес абуна: «Ле, Суфян. Дица васият гьабулеб буго, хведал дуца дир жаназа чуре, как бай, цинги вукъе. Жеги гьарулеб буго тIоцебесеб сордоялъ живго тоге дун. Хварасе гьеб сордо буго бищун захIматаб. Мункар-Накирас цIехелалде цебе, дир хабада аскIовги чIун, Аллагь цо вукIиналъул калам малъе дида», - ян.

Гьудуласул васият гьес абухъе тIубана дица. Къаси сардилъ хабада аскIов вукIаго дун гъогълъун ккана. Цо заманалда гьаракь рагIана: «Ле, Суфян! Дуде ккараб хIал гьечIо гьасул. Рамазан моцI лъугIун шаввал моцIалъул анлъго кIал кквеялъул баракат буго гьаб», - илан.

Макьидаса вигьиндал рахърахъалде валагьана, амма сверухъ щивго вукIинчIо. ЦIидасан какиеги чурун, гIибадаталде жувана. ЦIидасан кьижун ккедалги гьебго макьу бихьана. Лъабабизеги гьебго макьу бихьидал, дида якъинго бичIчIана гьеб шайтIаналдаса гуреб, Аллагьасдасан букIин. Гьелдаса хадуб рокъове унаго дица гьарана: «Я, Аллагь, шаввал моцIалъ анлъго кIал кквезе дуца дие кидаго тавпикъ кье», - ян. РахIму-цIоб гIатIидас дир дугIаялъе жаваб гьабуна».

(«Бадр Аддурар» тIехьалдаса)

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...