Аслияб гьумералде

Бусурбабазул цIияб сон

Бусурбабазул цIияб сон

Исана байбихьулеб исламияб тарихалъул сон, ккола 1443-абилеб. Гьелъул тIоцебесеб моцI байбихьула хирияв Аварагас Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабураб къоялдаса. Исламияб сон байбихьула МухIаррам моцIалдаса.

Хириял бусурбаби!

ТIадегIанав Аллагьас гьаб цIияб сонги Ислам цIилъулеб, бусурбаби рохулеб, баракат, талихI рещтIунеблъун гьабеги. Нилъеца араб соналда жаниб Аллагь разилъулареб, мунагьалде кколеб, ахираталда нилъ жиб сабаблъун хIисаб-суалалде цIалеб иш гьабун батани, гьединаб гIамал гьаб соналъ рехун тезе БетIергьанас нилъее тавпикъ гьунар кьеги.

Нилъ талихIалде рачунеб, нилъедаса Аллагь разилъулеб, щиб гIамал гьабулеб букIун батаниги, гьединаб гIамал тIадеги цIикIкIинабизе БетIергьанас I нилъее къуват кьеги.

МухIаррам ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал, Ибрагьим аварагасул заманалдаго хIурмат гьабулеб букIараб, Къуръан-хIадисалъ жиндир хиралъи бицараб моцIазул цояб. Гьединлъидал щивав бусурманчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе тIагIат цIикIкIун гьабун, хIалкIвараб къадаралъ квешлъи рехун тун, нухда тIобитIизе.Жегиги гьеб цIияб лъагIел байбихьиги кколелъул. Аллагь разилъаяв имам Нававияс «Заваиду Рравзаталдаги» хъвалеб буго:

«ХIурматиял моцIазул кIал кквезе бищун хирияб моцIлъун ккола МухIаррам», - абун. Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб Муслимица бицараб кьучIаб хIадисги буго: «Рамазан моцIалда хадусеб, кIал кквезе бищун хирияб моцI Аллагьасул МухIаррам буго».

Гьединлъидал тIубараб МухIаррам моцIалъ кIал кквезе суннатабги буго. ТIубанго моцIалъ кIал ккун бажаруларев чияс итни, хамиз, рузман, гьатIан къоязниги кквезе жигар бахъани лъикIаб буго. Щибаб моцIалъул итни, хамиз къояз кIал кквезеги суннатаб буго. Гьебги бажаричIони, моцIалъул авалги, бакьулъ бугеб къоги, ахирниги кквезе рекъола. Хасго мухIаррам моцIалъ кIал кквезе беццараб къолъун ккола гьеб моцIалъул анцIабилеб, ай ГIашура къо.

МухIаррам байбихьилелде цебесеб моцIалъул ахирисеб къо ккола араб соналъул ахир. Гьеб къоялъ лъабцIул гьаб хадуб рехсараб дугIа цIалани щайтIаналъ абулила: «Дун гьесда цадахъ хьвадана гьаб тIолабго соналъ, гьанже гьес дир захIмат-гIакъуба цо параялъ пасат гьабуна», - ян. Гьеб дугIаги гьаб буго:

«Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим ва ссаллаллагьу гIала саййидина МухIаммадин вагIала алигьи ва ссахIбигьи ва саллам. Аллагьумма ма гIамилту фи гьазигьи ссанати мимма нагьайтани гIангьу фа лам атуб мингьу ва лам тарзагьу ва лам тансагьу ва хIалимта гIалаййя багIда къудратика гIала гIакъубати ва дагIавтани ила ттавбати багIда журъати гIала магIссийятика, фаинни астагъфирука фагъфирли вама гIамилту фигьа мимма тарзагьу ва вагIадтани гIалайгьи ссаваба фа асъалука Аллагьумма я кариму, я зал жалали валь икрам ан татакъаббаллагьу минни ва ла тукъатIтIигI ражаи минка я кариму ва ссалла ллагьу гIала саййидина МухIаммадин ва гIала алигьи ва сахIбигьи ва саллам».

Соналъул авалалда МухIаррамалъул тIоцебесеб къоялъ гьаб дугIа цIалани, щайтIаналъ абулила: «ХутIараб гIумруялда дидаса цIунаравлъун хутIана гьев», - ан. Аллагьас гьев цIунизе малаикзабиги толила. Гьеб дугIаги гьаб буго:

«Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим васалла ллагьу гIала саййидина МухIаммадин вагIала алигьи ва ссахIбигьи ва саллам. Аллагьумма анта абадийюл къадимул аввалу ва гIала фазликал гIазим ва карими жудикал мугIаввалу ва гьаза гIаммун жадидун къад акъбала, асъалукал гIисмата фигьи мина щайтIани ва авлияигьи вал гIавна гIала гьазигьи ннафсил аммарати биссуи, валь иштигъала бима юкъаррибуни илайка зульфа я зал жалали вал икрам ва салла ллагьу гIала саййидина МухIаммадин ва гIала алигьи ва сахIбигьи ва саллам».

Аллагьас тавпикъ гьабеги щивасе хириял гIужаз гIамал бацIцIадго гьабизе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....