Аслияб гьумералде

ХIажажги гIалхул гIарабиявги

ХIажажги гIалхул гIарабиявги

ХIажажги гIалхул гIарабиявги

ХIажаж бин Юсуф Ассакъафию абун вукIана Малик бин Марванил заманалда ГIиракъалда тIад тарав бетIер. Гьев вукIана вихьизе кутакалда рокьукъав, кидаго тIад чIегIераб гIабаги ретIарав, чIегIераб чалмаги къарав кутакалда согIав бетIер.

 

Цо нухалда хIеж гьабизе сапаралъ вахъарав гьесда рагIула цо гIарабияс цIалулеб лаббайк ва гьелда хадуб лъикIаб дугIа. Цинги ХIажажица буюрула гьев чи жиндихъе вачейин абун. Вачун вачIуна гьев.

– Ле, мун киса кколев? - ян цIехола гьесда.   

– ГIиракъалдаса, - ян жаваб кьола гьес.

– Гьелъул кинаб рахъалдаса?

– Дун вуго гьелъул бищун рикIкIад бугеб бакIалдаса.

– Нужер ракьалда вугев бетIер щив кколев?

– ХIажаж.

– Нужеда гьоркьоб гьесул кинаб къимат бугеб?

– Жинца васалги чIван руччаби инжит гьарулев вукIарав фиргIавнил гIадинаб, бану исраилазда гьоркьоб.

– Гьев ГIиракъалдайищ вугев яги…?

– Гьев сапаралда, хIежалде унев вуго, Аллагьас къабул гьабугеги гьесул хIеж.

– Жиндирго бакIалда щивха гьес тарав?

– Жиндирго вац МухIаммад.

– Гьесул хIакъалъулъ щиб абилеб?

– Залим, хъантIел, согIав ва кутакалда мунагьал гьарулев чи.

– Дуда дун лъанищ?

– ЛъачIо.

– Дун вугоха ХIажаж. Гьанже, АллагьасхIаги, дица чIвала мун, гьебгиха вахIшияб куцалда.

– Дир БетIергьан Аллагь вуго, дун дудаса хвасар ва эркен гьавулев.

– Къуръаналдаса щиб бугониги жого лъалищ дуда?

– Лъала.

– ЦIалеха цо.

Цинги гьес цIалана сурату «ан-Наср», амма ахиралда цо рагIи хисизабун цIалана, ай «ядхулунаялъул» бакIалда «яхружуна» абун.

– Гьединаб жо гьечIо Къуръаналда. Гьениб «ядхулуна афважан» гурищ бугеб? (МагIна: гIадамал къокъаби ккун рачIунел руго исламалде).

– Гьедин букIана ХIажаж бетIерлъун ккезегIан. Гьелдаса хадуб къокъабиккун гIадамал исламалдаса нахъе ине лъугьана.

Цинги ХIажаж велъана ва гьесда цIехана.

– Щиб дуца абулеб МухIаммад ﷺ аварагасул хIакъалъулъ?

– Щиб дица абилеб шапагIаталъул бетIергьанлъун вугев, БетIергьанас Жиндирго цIаралда цIар хурхинабурав, щибаб къойил как ахIулелъул анцIгоялдасаги цIикIкIун нухалъ жиндир рехсолесул хIакъалъулъ.

– Абубакар-асхIабасул хIакъалъулъ щиб абилеб?

– Гьев вуго дунялалдаго жиндир гIадиллъи цIикIкIарав, зобалазда Сиддикъин цIар бугев, Савралъул нохъода МухIаммад авараг вахчун вукIаго гьесие гьалмагълъи гьабурав чи. Гьев исламалде вачIана 80 азарго динар бугев чи ва кинабго исламалъул нухдаги хвезабуна.

– ГIумар-асхIабасул хIакъалъулъ щиб абилеб?

– Зобалаздаги ракьалдаги Фарукъин цIар тарасул хIакъалъулъ щиб абилеб...

– ГIусман-асхIабасул хIакъалъулъ щиб абилеб?

– Бусурбабазул бодуего ярагъ жинца чIезабурав, жиндир кодор чIинхаз тасбихI гьабурав, жиндаса малаикзаби нечолел рукIарасул хIакъалъулъ щиб абилеб…

– ГIали-асхIабасул хIакъалъулъ…

– Бичасул аварагасул ﷺ имгIаласул вас, гьесул яс ФатIиматул Баттулил росасул хIакъалъулъ щиб абилеб дица.

– ХIасан-ХIусенил хIакъалъулъ щиб абилеб?

– ФатIиматица гьарурал, МухIаммад ﷺ аварагас тарбия кьун хьихьарал, ЖабрагIил малаикас милат гьабун рукIарал…

– МугIавиятил хIакъалъулъ щиб абилеб?

– Аварагасул ﷺ вахIю хъвалев, Бичасул аварагас ﷺ жиндаго нахъа рекIинавурасул хIакъалъулъ щиб абилеб дица.

– Язид бин МугIавиятил хIакъалъулъ щиб абилеб?

– Дидаса лъикIаз дудаса квешасде абураб абила.

– Дудаса лъикIав, дидаса квешав чи щив кколев?

– Муса авараг дидаса лъикIав вуго, фиргIавн дудаса квешав вуго.

– Щибха абураб Мусаца фиргIавнида?

– ФиргIавница гьесда гьикъана, цересел гIасрабазул хIакъалъулъ щиб абилебин абун. Мусаца жаваб кьуна, гьелъул хIакъалъулъ дир БетIергьанасул тIехьалда бугин абун. Гьесда щибго жо къосунарин ва кIочонарин абун.

– ГIабдулмалик бин Марванил хIакъалъулъ щиб абилеб?

– Зобалаздаги ракьалдаги гьоркьоб бищун кIудияб гъалатI гьабурав чи вугин абила.

– ЩибгIаги гьеб?

– Гьеб буго мун халкъалда тIад тей, гьезул гIумруялдагун боцIуда тIад зулму дуца гьабизе букIине.

Гьеб рагIарав ХIажажица хвалчен борхана ва гIащтIичиясде буюрана гьесул бетIер къотIеян. Цинги гьев агIрабияс кIутIби шуршудизаруна цо жоги цIалулаго. Цинги ХIажажил кодоса хвалчен бортун ана. Хвалчен бортана гIащтIичиясухъаги. 

Цинги ХIажажица ахIун абуна дуца щиб цIаларабилан абун.

АгIрабияс абуна гьале гьаб дугIа цIаланин абун. Гьеб дугIаги ккола гьаб:

 

للهم يا رب الارباب ويا معتق الرقاب ويا هازم الاحزاب ويامنشئ السحاب ويا منزل الكتاب ويارازق من تشاء بغير حساب ويا ملك يا تواب ويا راد موسى إلي امه ويوسف إلي ابيه يعقوب اسألك ان ترزقني خيره وتكفيني شره انك علي كل شي قدير

 

 

Сулайман АхIмадов,

ДИУялъул тIалиб

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...