Аслияб гьумералде

ГIибадаталда сордо тIамулев

ГIибадаталда сордо тIамулев

Силям ибну Гьашим Ал-ГIадви абурав чи ккола аварагасул ﷺ гIемерал асхIабзабаздаса гIелму босарав, гьездаса лъикIаб хIал бахарав гIабид ва рагъухъан. ГIадамал кьижараб гIужалда, мухIканго какиеги чурун, БетIергьанасе ﷻ гIибадат гьабулаго сардал рогьунаан гьес.

Сардил ахирисеб гIуж щведал гьесие бокьулаан жиндирго берцинаб гьаркьидалъун Къуръан цIализеги. Гьеб цIалиялъ гьесул рекIелъе Аллагьасдехун ﷻ бугеб хIинкъи рехулаан, хIакъаб нухдаса кьуричIого вукIине кумекги гьабулаан. Гьабулелъулъги гьес щибго кIвахI биччалароан, гIибадат гьабиги, киве кканиги, толароан. ЖагIфар ибну Зайдица бицун буго, цо нухалъ бусурбабазул богун жал Кабулалъул рахъалдехун, Аллагьасул ﷻ кумекалдалъун, гьелда кверщел гьабизе анин.

Хадубги гьес бицунеб буго гьадин: «Бодулъ вукIана Силямги. Сордо бачIиндал, аскаралъулал боголил какги бан, хIухьбахъулел рукIана. Гьезда цадахъ Силямги вукIана. Гьев вегидал, дида ракIалде ккана гIадамаз гьесул хIакъалъулъ кутакалда бицунаанин, гьавин абуни кьижизехъин вугин. Гьедин, дир хIукму ккана гьеб сордоялъ гьесда хадуб халкквезе.

Заманги гьоркьоб ун, аскаралъулал кьижун ккедал, дида Силям вихьана тIадеги вахъун, цо рахъалдехун унев. Дун гьесда хадув вилъана, гьевин абуни рохьове валагьун ана. Аскар кьижун букIараб бакIалдаса гIезегIанго рикIкIадеги ун, гьес Къибла кинаб рахъалдехун бугебали балагьана ва какилъе лъугьана. Дун, рикIкIадасаго гьесда хадуб халккун вукIана, гьесул гьурмаде балагьидал, гьеб нуралъ гвангъун бугин кколаан. Вагъа-вачариги гьесул гIедегIичIеб букIана ва дида кколеб букIана гIадамаздаса рикIкIад вугев гьесие Аллагьасде ﷻ гIагарлъи бугин.

Гьедин рукIаго, рохьил цояб рахъалдаса баккун бачIана гъалбацI. Гьеб бихьидал, хIинкъиялъул кутакалъ, дун гъотIоде вахана. Гьеб Силямиде аскIобе гIагарлъулеб букIана, амма гьес какил хIузуралда вукIун гурони, гьелдехун берцин тIамичIо. Суждаялде гьев индал, дида ракIалде ккана гьанже гъалбацI гьесде тIаделъилин. Амма гьеб чIараб бакIалдаса багъаричIо. Суждаялдасаги ворхун, Силямица как тIубазабуна, гъалбацIин абуни гьесухъ балагьун чIун букIана. Хадуб, Силямица гьелдехун цо жо щурана ва гъалбацI рохьил цогидаб рахъалде ана.

Сордо рогьине лъугьиндал, гьес тIадеги вахъун рогьалил какги бана. Гьелдаса хадуб гьес цониги нухалъ дида рагIун букIинчIеб гIадаб рецц-бакъ гьабиялъ БетIергьанасе ﷻ тасбихI-шукру гьабуна ва абуна: «Я, Аллагь ﷻ, бегьилищ дун гIадав адаб гьечIев, мунагьазул цIурав лагъас Дуда ﷻ Алжан гьаризе, дица Дуда ﷻдун жужахIалъул цIаялдаса цIунеян гьарула», - ян. Гьел рагIаби гьес гIодулаго такрар гьарулел рукIана, гьесухъ гIенеккарав дидаги гIоди кквезе кIвечIо. ХъахIлъи байдал, лъидаго халлъилареб куцалда, Силям аскар букIараб бакIалде тIадвуссана. Амма сордо гIибадаталда борчIаниги гьесул букIана кутакаб тирхакIичи, тIубараб сордоялъ рахIатаб бусада вегун вукIанин кколеб гIадаб. Гьесда хадув вачIарав дунин абуни, свакан, тату хун вукIана».

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...