Аслияб гьумералде

Сураби рещтIиналъе сабабал

Сураби рещтIиналъе сабабал

Сураби рещтIиналъе сабабал

Тирмизияс, ХIакимица ва ибну ХIузайматица бицана Убаю бин КагIбадидасан: «Капурзабаз аварагасда абула: «Дуца нижее Аллагьасул сипат гьабе», - ян. Цинги Аллагьас аят рещтIуна: «Дуца абе, МухIаммад, Гьев Аллагь цо вуго», - ян.

Анасидасан бицунеб буго: «Цо ягьудияв вачIуна аварагасухъе ва абула: «Я Абал Къасим, Аллагьас малаикзаби рижана нуралдаса, Адам вижана хIарщудаса, иблис бижана цIаялдаса, зоб - кIкIуялдаса ва ракь - лъел полопалдаса, Дуца нижее бице дурго БетIергьанасул хIакъалъулъ», - ян. Аварагас жаваб кьечIо.

Хадуб Жибрил малаик вачIуна сура «Ихласги» босун. Гьеб ккола Маккаялда рещтIараб сура. Имам Байгьакъияс «Даилу Аннубуват» тIехьалда хъван буго ибну ГIаббасидасан бицанин: «Цо нухалъ авараг унтула. Цинги гьесухъе вачIуна кIиго малаик, цояв гIодов чIола гьесул бетIералда аскIов ва цогидав гIодов чIола хIатIазда аскIов. ХIатIазда аскIов вугев малаикас хитIаб гьабун абула бетIералда аскIов вугев малаикасда: «Дуда щиб бихьулеб?» - ян.

Гьес абула: «ТIубба бихьулеб буго», - ян. Дос жеги цIехола: «ТIубба щиб кколеб?» - ян. Гьес бицуна сихIру кколин. Хадуб дов малаикас цIехола гьав малаикасда: «СихIру гьабурав чи щив кколев?» - ян. Гьес жаваб кьола: «Лубайд бин АлАгIсам ягьудив ккола», - ян. Хадубги цIехола киб бакIалда гьеб сихIру бугебин. Цогидав малаикас абула: «Пуланав чиясул гъуялда бугеб ганчIида гъоркь, торгIоялда жаниб бугин.

Хадуб гьел рачIуна гъуялде аскIоре, гьениб бугеб кинабго лъим буххула ва борхун гамачIгун торгIо босула ва гьеб бухIула. Радал аварагас цо къокъагун цадахъ витIула ГIамру бин Яср. Гьел гъуялде аскIоре рачIиндал гьесда гьезда лъим бихьула хванаялда релълъун лъугьун. Кинабго лъим нахъе тIола ва гамачIги борхун доб торгIо къватIибе бахъун бухIула. Хадуб гьезда бихьула гьелда жаниб букIараблъи анцIила цо бухьараб гарацI. Цинги аварагасухъе рещтIуна «Фалакъ» ва «Ннас» сураби. Щибаб аят цIалидал цо-цоккун гарацI бичун бачIуна.

Абу НугIаймица бицунеб буго «Далаил» тIехьалда, Анас бин Маликидасан: «Пуланав ягьудияс аварагасе гьабула цо жо. Гьеб сабаблъун авараг кутакалда унтула. Цинги гьесул асхIабзаби гьесухъе раккизе рачIуна. Гьелдаса хадуб ЖабрагIил малаик вачIуна доб кIиябго сура босун ва гьесде гьеб цIалула. Цинги авараг жиндирго асхIабзабазухъе вачIуна унтунго вукIинчIев гIадин». Гьел кIиялго сураби ккола Маккаялда рещтIарал.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....