Аслияб гьумералде

Мунги мадугьалги цIунула

Мунги мадугьалги цIунула

Аятул курси ккола МухIаммад аварагасде рещтIараб бищун кIудияб аят. Гьеб аяталъ нугIлъи гьабула ТIадегIанав Аллагь цо вукIин ва Гьесул къудрат, гьединго Гьесул берцинал цIарал ва тIадегIанал сипатал.

 

ГIабдуллагь ибн РабахIидасан бачIараб хIадисалда буго, Убаю ибн КагIбица абунилан: «Цо нухалда Аварагас дида гьикъана: «Я Абул Мунзир, дуда лъалищ Аллагьасул тIехьалда жаниб кинаб аят бищун кIудияб бугебали?» Дица абуна: «ТIадегIанав Аллагьасдаги гьесул Расуласдаги лъикI лъала», - ян. Аварагас ﷺ нахъеги гьикъана: «Я Абул Мунзир, дуда лъалищ Аллагьасул тIехьалда кинаб аят дуе бищунго кIудияб бугебали?» Цинги дица абуна: «Гьеб аят бугин абун рехсола Аятул курси», - ян. Гьеб мехалда Аварагас ﷺ, дир каранда кверги тункун, абуна: «ГIелмуялъулъ мун талихIавлъун ватаги, я Абул Мунзир», - ян. (Муслим, 810)

Имам Нававияс жиндирго «Мингьаж шархI СахIихI Муслим» абураб тIехьалда гьеб хIадисалъе баян кьун хъвалеб буго: «ГIалимзабаз абуна Аятул курси цогидал аятаздаса батIа бахъулин жиндир тIадегIанлъиялдалъун, щайгурелъул гьеб аяталда жаниб ТIадегIанав Аллагьасул киналго цIаразул ва сипатазул аслу буго: Аллагь цо вукIин, Гьесул чIаголъи, гIелму, къуват, къудрат ва къадар. Гьел хасиятал ккола Аллагьасул киналго цIаразул ва сипатазул аслу».

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунилан: «ХIакълъунго, щибаб жоялъул букIуна тIогь, «Аль-Бакъара» сура ккола Къуръаналъул тIогь, гьеб сураталда жаниб буго Къуръаналъул киналго аятазул бетIер – гьебги ккола «Аятул курси», - ян. (Тирмизи, 2878)

Аятул курсиялъул хириялъиялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ хIадисал рицана. Аятул курси Къуръаналъул кIудияб аят букIиналъ муъминчиясе цIаларалъухъ кIудияб кири щола. Гьелъ гьесие кумек гьабула Алжаналде гIагарлъизе.

ГIали ибн АбутIалибидасан бицана, минбаралда чIун вугев мехалъ Аварагас ﷺ абулеб рагIанин: «Паризаял каказдаса хадуб Аятул курси цIаларав чиясе Алжаналде лъугьине щибго квалквал букIунаро, хвел гурони, гьебги цIалуларо валияс ва Аллагьасул лагъас гурони. Кьижулеб мехалъ Аятул курси цIаларав чи Аллагьасул цIуниялда гъоркь вукIуна, гьединго гьесул мадугьалги, мадугьаласул мадугьалги, гьесда сверухъ ругелщинал рукъзалги рукIуна Аллагьасул цIуниялда гъоркь», - ян. (Байгьакъи, «ШугIаб ал-Иман», 2395)

Аятул курси цIалулев чи цIунула кинабго квешлъиялдаса ва заралалдаса. Аятул курсиялъул хиралъиялдасан ккола муъминчи жиназдаса ва гIадамаздаса цIуни.

Абу Гьурайратидасан бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Аятул курси ва ХIамим ал-Муъмин сураялъул байбихьи цIаларав чиясе гьеб къоялъ гьесие цIунилъун чIола кинаб букIаниги квешлъиялдаса». (ТIабарани, 322)

Ибну ас-Суннияс Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалъул риваяталда буго Аварагас ﷺ абунин: «Къасимехалъ Аятул курси ва лъабабилеб аяталде щвезегIан «ХIамимул-муъминун» сураялъул цIаларав чи рогьинегIан цIунула. Радал гьел цIаларав чи къасимех щвезегIан цIунула», - ян. (Ибну ас-Сунни, «ГIамалул явми ва лайла», 76)

Гьединго ХIасанидасан бицана, Аварагас ﷺ абун бугин: «Паризаяб какдаса хадуб Аятул курси цIаларав чи хадусеб как базегIан Аллагьасул цIуниялда гъоркь вукIуна», - ян. (ТIабарани, «МугIжамул Кабир», 2733)

Инсан гIемер ккола къварилъиялде ва пашманлъиялде. Гьединаб ахIвал-хIалалда гьес Аятул курси цIалани, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие бигьалъизабула ва пашманлъиялдаса хвасар гьавула.

Абу Къатадатица бицараб хIадисалда бачIана Аллагьасул Расулас ﷺ абунилан: «ТIадегIанав ва КIудияв Аллагьас кумек гьабула пашманлъидал Аятул курси ва Аль-Бакъара сураталъул ахирисел аятал цIаларав чиясе», - ян.

Гьеб хIадисалъул Дайламица Абу Къатадатидасан бицараб риваяталда буго Аварагас ﷺ абунин: «ТIадегIанав ва КIудияв Аллагьас хвасар гьавула пашманлъарав чи Аятул курси ва Аль-Бакъара сураталъул ахирисел аятал цIалидал», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...