Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул  гIумруялдаса суалал

Сафиятил хIакъалъулъ лъазе бокьилаан

- Хирияв Аварагасул руччабаздасан ккола Аллагь разилъаяй Сафият, АхтIабил яс. Гьей ккола ягьудиязул хан гIадав чиясул яс. Гьелъул эмен бусурбабаз чIвана исламалъе зарал цIикIкIарав чи вукIун. Гьелъул росги Хайбаралъул гъазаваталда чIвана. Гьевги ягьудиязул бечедав чи вукIана. Хайбаралда ккараб гъазаваталда асир гьаюн йикIана Сафият. Гьей ккола аслу ягьудияй гIадан. Хирияв Аварагас лъадилъун ячине гьей разилъана ва гьелъ исламияб дин босун хадуб гьелда магьариги лъуна.

Гьей йикIана цIакъ берцинай гIадан. Гьей йихьизе гIарабиязул руччаби рачIунаан. ХIатта лъаларедухъ, ретIелги хисун, ГIаишатцин ячIана байбихьуда гьей йихьизе. ГIакълу камилай, къимат-къадру бугей гIаданги йикIана гьей. Аллагьасул Расулас ячунаго гьелъул 17 сон тIубан букIана.

Аварагасда гьелъул гьурмада цо асар бихьана. Гьес гьикъана гьаб сундаса ккарабилан абун. Гьелъ жаваб кьуна жинда макьилъ бихьанила жиндирго каранде бакъ рещтIун. Накабазде моцI рещтIунги бихьун буго гьелда. Гьеб макьу росасда бициндал, гьес жиндир гьурмада хъат банин, дуе гIарабиязул ханасул чIужулъун йикIине бокьун бугиланги абун.

Хирияв Авараг хвезегIан гьесда цадахъги йикIана, гьев хун хадуб гьижрияб тарихалъул 50-абилеб соналъ гьейги хвана. Аллагь разилъаги гIаламалъулго хирияв Аварагасул чIужу, муъминзабазул эбел Сафиятидаса. Амин!

Умму ХIабибатил хIакъалъулъ бицани бокьилаан

- Аварагасул руччабаздасан ккола Аллагь жиндаса разилъаяй Умму ХIабибат (Рамлат), Абусуфянил яс. Умму ХIабибат ккола тIоцебе ислам босаразул цояй, исламалъе гIоло ватIанги тун, жиндирго рос ЖахIшил ГIубайдуллагьгун ХIабашаталде гьижраги гьабуна. Гьений гьелъие ясги гьаюна, ХIабибат абун цIарги лъуна.

Гьелъул рос, исламги тун насранияб диналде вуссараб мехалъ, гьей исламияб диналдаса кьуричIого чIана. ХIабашаталъул (Эфиопия) хан вукIана балъго ислам босарав чи, гьев вакилги гьавун гьений йикIаго Аварагас гьелда магьариги лъуна. Гьей йикIана байбихьуда исламалде данде чIарав къурайшиязул ханлъун вукIарав инсудасаги ятIалъун, батIияб диналде вуссарав росги рехун тун ислам щулаго ккурай гIадан. Аварагасул рахъалдасан гьеб букIана гьелъие хIалкIолареб лъикIлъиги кIудияб сайигъатги.

Анкьабилеб соналъ Аллагь разилъаяй Умму ХIабибат, цогидаб гьалмагълъигун, Мадинаялде ячIана. Мадинаялда гьей йигеб мехалъ гьелъухъе рокъове вачIана гьелъул эмен Абусуфян. Гьев вачIун вукIана капурал къурайшиязул рахъалдасан жидецаго биххараб къотIи цIидасан щула гьабизе, Аварагасухъе . Рокъове щвараб мехалъ гьес Аварагасул бусада гIодов чIезе къасд гьабуна. Умму ХIабибатица гьев гIодов чIечIого вукIине, бусен нахъе босана. Гьес абуна, дуца гьаб дун тIадегIан гьавун нахъе босарабищ яги дунги гIодовегIан гьавун нахъе сукIарабищилан. Гьелъ абуна гьаб Аллагьасул Расуласул r бусен бугин, мун мушрик вугин, мун гьелда тIад гIодов чIезе рекъоларин.

Гьижрияб тарихалъул 44-абилеб соналъ Мадинаялда хвана гьей ва гьений юкъана. Аллагь разилъаги гIаламалъулго хирияв Аварагасул чIужу, муъминзабазул эбел Умму ХIабибатидаса. Амин!

Маймунатил хIакъалъулъ лъазе бокьилаан

- Аварагасул руччабаздасан ккола Аллагь разилъаяй Маймунат, ХIарисил яс. Гьелда цIарги Баррат букIун буго. Аварагас гьелда Маймунатилан цIар тана. ГIумруялъул 26 сон тIубараб мехалъ росги хун къороллъиялда хутIана гьей.

Гьижрияб тарихалъул анкьабилеб соналъ Аварагас жиндиего абуна гьей. БецIун гьабулеб гIумраялда вукIана гьеб мехалъ хирияв . Гьес жийго абиялъул рохалил хабар босун чи вачIараб мехалъ, йоххиялъ гьей тIад рекIун йикIараб вараниялдаса рещтIун, гьаб вараниги гьелда тIад бугебщинаб жоги Аллагьасул Расуласе сайгъат бугилан абуна гьелъ.

ГIумраги тIубан тIадруссун рачIунаго, Сараф абураб бакIалде щвараб мехалъ, Авараг гьейгун данделъана. Хирияв хвезегIан гьесул цIуниялда гъоркь, хIурматалда йикIана гьей. Хвезеги гьей хириявгун данделъараб Сараф абураб бакIалда хвана, гьений юкъизеги юкъана. Аллагь разилъаги гIаламалъулго хирияв Аварагасул чIужу, муъминзабазул эбел Маймунатидаса. Амин!

Зайдил яс РайхIанатил хIакъалъулъ бицани бокьилаан

- ГIемерисел гIалимзабаз рикIкIунеб буго хирияв Аварагас рачарал руччабаздаса йикIанин Аллагь разилъаяй РайхIанат, Зайидил яс. Сипат-сурат рекъарай, берцинай гIадан йикIана гьей. Живго холеб мехалъ хирияв Аварагас нахъе тана ичIго чIужу: Савдат, Сафийят, Жувайрият, Умму ХIабибат, Маймунат, ГIаишат, Зайнаб, Умму Саламат, ХIафсат.

Аллагь разилъаги киназдасаго. Гьесул руччабазда гъорлъ ХIавлат, ГIамрат, Умайматги рехсола цо-цо гIалимзабаз. Аллагь разилъаяв Ибрагьим гьавуна Мариятица. Гьей йикIана Египеталъул хан Мукъавкъисица Аварагасе сайгъат гьаюрай гъараваш.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


«ЦIидасан пикру гьабе…»