Аслияб гьумералде

Дунялалъул кIвар гьабичIо

Дунялалъул кIвар гьабичIо

Самак ибну ХIарбица бицун буго жинда рагIанин НугIман ибну Баширица абулеб, асхIабзабаздехун хитIаб гьабун: «Нуж кванил ва гьекъолеб жоялъул рахъалъ лазаталда, гьарзаго гIумру гьабулел гьечIищ? Дида вихьана нужер Авараг ﷺ гIорцIизегIан кваназе бищун гIадатияб тайпаялъулцин чамасдак гьечIого (гьелъулгицин кIвар гьабичIого, гьаб дунялалдехун жиндир бугеб зугьдалъ)», - абун.

 

Анас-асхIабасдаса бицун «Муснад» абураб хIадисазул тIехьалда рехсолеб буго: «ФатIимат ячIана чадил кесекги босун Аварагасухъе ﷺ. Гьес ﷺ цIехана: «Гьаб щиб?» - абун. ФатIиматица жаваб кьола: «Чадил кесек буго. Гьалдаса лукъмагIаги дида кваназе кIвечIо, цин дуе щвезабичIого», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абула: «Гьаб ахираб лъабго къоялда жаниб, гьаб буго, дур инсул ургьибе унеб тIоцебесеб жо», - ян (АхIмад).

ГIаишатидасан бицун буго: «Аварагас ﷺ киданиги квен гIорцIизегIан кваналароан. Гьес ﷺ киданиги абулароан рокъосезда кваназе квен босеян. Кваназе жо бачIани кваналаан. Кванил нигIматалъул щиб кьуниги гьебги къабул гьабулаан. Гьекъолеб жоялдаса щиб бачIаниги гьебги гьекъолаан. Гьеб кинабгоги букIана гьесул рухIияб рахъалъул тIадегIанлъилъун», - абун.

Мискинаб гIумру тIамиги Аллагьасул Расуласул ﷺ букIана жиндирго ихтияралдалъун тIаса бищараб. Гьеб букIинчIо кваназе, гьекъезе жо щоларого, яги гьеб гьечIого букIиналъ. Гьеб букIана Аварагасул ﷺ гьаб дунялалдехун ва нигIматал росун гьездаса лазат боси гьечIолъи, зугьд. Гьединаб хIалалда ана Аварагасул ﷺ тIубараб гIумру. Гьес ﷺ гIемер такрар гьабулаан: «Я Аллагь ﷻ! Дуца дун бечедавлъун хвезавичIого язихъавлъун хвезаве, (Къиямасеб къоялъ) тIадеги вахъинаве мискинал чагIигун цадахъ», - абун (Байгьакъи).

Накълулъараб мехалда Аварагасул ﷺ магIишат-яшавалдаса нахъе хутIараб букIана хъахIаб гIорцIен, ярагъ ва гьитIинабго ракь, жиндаса щварабги нухлулазе садакъаде хвезабе абун гьес ﷺ васият гьабураб. Гьединго рухIияб ирс – гIелму ва Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизе малъун тараб нух. (Бухари)

Гьес ﷺ абулаан: «Мискинлъи гьаб дунялалда захIмалъи буго, доб дунялалда бигьалъи буго…», - абун (АхIмад).

ГIаишатица абунин бицун буго: «Къаси вахъун сардилъ гIемер гIибадат гьабулаан Аварагас ﷺ хIатта хIатIал гьорон кьватIалаби лъугьунги рукIана. Цо нухалъ дица гьесда ﷺ цIехана: «Щай дуца гьеб куцалда гьабулеб я Алагьасул Расул ﷺ? Аллагьас ﷻ дур цере аралги хадур рачIине ругелги мунагьал чурунги рукIаго?» - абун. Дие жаваб гьабун гьес ﷺ абуна: «Дие бокьиларищ (БетIергьанасе) шукру бугев лагълъун вукIине», - ян (Муслим).

ГIемерисеб гьес ﷺ кваналаан чамасдак. ГIаишатидасан бицараб хIадис рехсолеб буго имам Бухарияс: «Аллагьасул Расулас ﷺ гьаб дунял тедал, ниж рукIана кIиго жоялдалъун гьарзаго: лъималдалъун ва чамасдакалдалъун», - абун. Аварагас ﷺ кваналеб букIараб гьеб нигIматалъулъ асхIабзабазе баракат хутIана. 

Цогидаб хIадисалда буго: «Ниж, МухIаммадил ﷺ хъизан, тIубараб моцI букIана (рокъор) ругелдаса, амма (квен гьабизе) цIа бакун букIинчIо, нижеца гIей гьабуна лъим ва чамасдак кванаялда», - ин (Тирмизи).

Авараг ﷺ вукIана кутакалда ансариял рокьулевлъун. Жидедехун бугеб Аллагьасул Расуласул ﷺ гьеб асар бихьун асхIабзабаз щиб бугониги жидер буголъиялдаса кьолаан Аварагасеги ﷺ. Гьесул ﷺ гьоболлъухъ рукIана Мадинаялъул ансариял СагIад ибну ГIубадат, ГIабдуллагь ибну ГIамр, Абу Аюб, Халид ибну Зайд гIадал асхIабзаби, гьез бачIунаан Бичасул Расуласе ﷺ жидер рокъоб бугеб нигIматалдаса бутIа (Муслим).

Анас асхIабасдаса бачIараб буго, Абу ТIалхIатица бицанин: «Ниж Аварагасухъе ﷺ рачIана ракъиялъул бицун. ТIасан ретIараб парталги борхизарун бихьизабуна чехьалда рухьун рукIарал ганчIал. Нижер зигараялъе жаваб гьабун Аварагасги ﷺ борхана ретIел ва бихьизабуна жиндирго чахьалда рухьаралги ганчIал», - абун.

Гьединаб букIана махлукъаталъул бищун хириясул ﷺ ва гьесул нух ккун унел асхIабзабазул дунялалдехун бугеб кIвар гьечIолъи ва Аллагьасул ﷻ разилъи щвезелъун бугелде гIей гьаби.

ХIисаб гьабизин нилъерго бугеб хIалалъул. РачIа, кьун бугелде шукругIаги камизе теларин. АлхIамдулиллагьи хIамдан ювафи нигIамагьу ва юкафиу мазидагь. Аллагьас ﷻ кьураб нигIмат батугеги хадубккун тIасаги ун, нилъ пасалъиялде тIамулеблъун! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


Гъоркье валагье

ТӀадегӀанав Аллагьас дунял бижана къануназда ва къагӀидабазда рекъон. Нилъеда сверухъ бугебщинаб жо низамалда букӀуна: заманал хисула, планетаби хьвадула, гьел системабазул цонигиял жидецаго чӀезарурал гӀорхъабаздаса къватIиреги кколаро.   Амма тӀабигӀаталда къанунал рукӀунел гӀадин,...


Имам АбулхIасан АшгIариясул хIакъалъулъ тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ хIадур гьабун буго кIудияв имам АбулхIасан АшгIариясул гIумруялъул ва гIелмуялъул бицараб тIехь.  КватIичIого гьеб бачIине буго къватIибе ва гьелдаса пайда босизе бегьула бокьарав чияс, хасго студентаз, исламияб гIелму лъазабулез.


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...