Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ лъималазулгун гьоркьоблъи кинаб букIараб?

Аварагасе ﷺ гIисинал лъимал цIакъ рокьулаан. Какилъ вукIаго как балел гIадамазул гIисинлъимал гIодулел рагIани, гьес как хехго тIубазабулаан. Гьес гIисинал лъимал реэдулаан. Гьезда убач гьабулаан ва кодоре рачунаан. Нухда лъимал дандчIвани, гьезие салам кьолаан.

Сапаралдаса яги гъазаваталдаса тIадвуссунаго, шагьаралъул рагIалда данде рачIарал асхIабзабазул лъимал гьес кодоре рачунаан ва цадахъ ругездаги амру гьабулаан гьел кодоре рачеян, цинги лъималазда гьоркьоб дагIба ккараб мехалъ, цояс абулаан жив Аллагьасул Расулас кодов ккуна, мунин абуни мугъалда ваччанин абун. Цогидасги абулаан жив Аллагьасул Расулас жинцаго кодов ккун вачанин, мунин абуни цогидасда вачеян амру гьабунин.

ЦIар лъезе бачIараб лъимер кодоб ккун букIаго кIущизе лъугьани, гьесул кIущ къотIизабичIого, кIущун вахъинегIан толаан гьес. «Муътаталда» АбутIалибил вас ЖагIфар чIвараб мехалъ, гьесул рокъовеги ун, свалатсалам лъеяв Аварагас гьесул гIисинлъимал кодоре рачун реэдана, гьезухъ балагьун гьезда гурхIун гьесул бадиса магIу чвахулеб букIана. Жиндирго вас, гьитIинаб лъимер Ибрагьим унтараб къоялъги гьев кодове вачун, гьесда гIемер гурхIулев вукIана хирияв Авараг ﷺ . Гьев хварав мехалъги свалат-салам лъеяв Аварагасул бадиса магIу чвахулеб букIана. Гьес ПатIиматил васал - ХIасанги ХIусенги каранде къалаан, гьел кодорги кколаан.

Нилъееги Авараг ﷺ мисаллъун вукIине ккола. Бугищ нилъер лъималаздехун Аварагасул гIадинаб гурхIелги, гьоркьоблъиги, гьелгун расандиги? БатичIони, пикру гьабизе ккараб бакI буго.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...