Аслияб гьумералде

Жиндир тIабигIат - Къуръан

Жиндир тIабигIат - Къуръан

ХӀадисазул тӀахьазул аслиял мурадазул цояблъун ккола МухӀаммад аварагасулﷺ шамаилал тIиритIизари, ай гьесул вукIа-вахъин, тIабигIат. Къокъго абуни, Аварагасда ﷺ хурхарабщинаб. Гьелъие гIиллалъун ккана МухIаммад Авараг ﷺ камилав, жиндаса мисал босулевлъун вукIиналъ.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев витIана тIолабго халкъалъухъе дин-ислам баян гьабизе. Гьев гьоркьовккун, нилъги, гьесул уммат, лъугьана бищун лъикIаблъун. Гьединго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда баян гьабуна Аварагасдаса ﷺ мисал босеян. ЛъикIав чи ракIалде щведал, рекIееги лъикIаб асар лъугьуна.

Цо-цо гIалимзабаз Аварагасе ﷺ сипат гьабун абуна гьев кколин хьвадулеб Къуръанилан абун. Щайин абуни, Къуръаналъ абураб гьабулаан Аварагас ﷺ ва теян абураб толаан. ГIаишатида гьикъидал Аварагасул ﷺ тIабигIат кинаб букIарабилан абун, гьелъ абуна Къуръан букIанилан. ГьедигIанги гьелда нахъвилълъарав, гьеб баян гьабулев чи вукIана Авараг ﷺ.

Гьениб гӀажаиблъизе ккараб жоги гьечIо, асхӀабзабазги сундулъго Аварагасдаса ﷺ босулаан мисал. Гьезда бичӀчӀана гьесдехун ﷺ рокьи загьир гьаби унго-унгояб гӀибадат букӀин, гьесда ﷺ нахърилълъинги гьеб рокьи загьир гьаби букӀин.

РачIа пикру гьабизин Анас ибн Маликил мисалалъул: гьесул Аварагасдехун ﷺ букIараб рокьиялъ гьев вачана шаргӀалъул суалазда гуреб, бищунго гӀадатиял ишаздагицин гьесда ﷺ нахъвилълъине. Аварагасул ﷺ хъабахъалде бугеб рокьи бихьидал, Анасица абула: «Ва гьеб къоялдаса нахъе дие хъабахъ бокьана», - ян. Бищунго гьитӀинаб жоялъулъцин мутӀигӀлъи букIун батани, щиб абилеб гьезул шаргӀалъул бербалагьиялъул хӀакъалъулъ? Щаклъи гьечӀо, гьел кӀудияб гъираялда нахърилълъана суннаталда. Гьелъ нугӀлъи гьабуларищ асхӀабзабазул Аварагасде ﷺ букӀараб кIудияб рокьиялъе?

Гьеб рокьиялъ тӀамуна гьел гӀумруялъул кӀвар бугелги гьечӀелги рахъаздацин гьесда ﷺ нахърилълъине. Амма Аварагасул ﷺ суннаталде нилъер бугеб кIвар асхӀабзабазда бихьани, щибдай гьез абилаан?

МухӀаммад авараг ﷺ ккола къурайшиязул къавмалдаса. Цогидал гӀарабазул къавмазда гьоркьоб къимат букӀана МухӀаммадил къавмалъул. 

Аварагасул ﷺ наслуялъулъ, ГӀаднаниде щвезегӀан, тӀолалго гӀалимзаби рекъон руго. ГӀаднанидаса хадуб Адам аварагасде щвезегӀан мугъчӀвай гьабизе жо гьечӀо, ай гIемераб хилап буго.

МухӀаммад аварагасул ﷺ наслуги рикӀкӀуна бищун къадруяблъун ва мустахӀикъаблъун.

Цо нухалъ имам Маликида гьикъула Адамиде щвезегӀан Аварагасул ﷺ наслу рикIкIунев чиясул хӀакъалъулъ. Имам Маликие гьеб рекӀее гӀечӀо. Цинги гьесда гьикъула, ИсмагӀилиде щвезегIан. Гьесие гьебги къабуллъуларо. Имам Маликидасан бачӀана киналго аварагзабазде щвезегӀан наслу рикIкIунев чи гьесие данде кколароанин абун.

Авараг ﷺ вуго киналго гӀадамазда гьоркьоб бищунго рецц гьабизе мустахIикъав чи. Гьединлъидал гьесда абула АхӀмадиланги МухӀаммадиланги. Аварагасул ﷺ киналго цӀаразда гьоркьоса бищунго лъикIал ккола АхӀмад ва МухӀаммад. Гьеб сабаблъун нилъеца нилъерго лъималазда гьесул ﷺ цӀаралги лъезе ккола. Имам ШафигIияс жиндирго васасда цӀар лъуна МухӀаммад абун ва абуна гьеб бугин бищунго хирияб цӀарилан.

ХӀадисалда буго: «КӀиго чи ТӀадегӀанав Аллагьасда цеве вахъун чIола ва Алжаналде лъугьаян амру гьабураб мехалъ, гьез Аллагьасда гьикъула: «Я нижер БетӀергьан, нижее Алжан кин щвараб? Нижеца Алжаналъе мустахӀикъал гӀамалалго гьарун рукIинчIогурищ?» - ян. Цинги ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ абула: «Нуж Алжаналде лъугьа, Дун гьедана АхӀмадги МухӀаммадги абун цӀар бугев чи жужахӀалде лъугьинарин», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


«ЦIидасан пикру гьабе…»


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...