Аслияб гьумералде

ХIалимав авараг

ХIалимав авараг

МухIаммад авараг ﷺ вуго жиндилъ киналниги лъикIал тIабигIатал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  данде гьарурав чи.

 

Гьелъие нугIлъи гьабун Къуръаналда Аллагьас ﷻ  абуна: «Мун гьечIищ (Я МухIаммад) тIадегIанав тIабигIаталъул», - ян. Гьев вукIана кутакалда хIалимав чи, гьелдаго цадахъ Аллагьасул ﷻ  диналъе гIоло разилъунгутIи букIунаан. Амма жиндиего гIоло, напсалъе гIоло ццим бахъунев вукIинчIо.

Гьев вукӀана гIадамазда гьоркьоса бищунго сабруяв ва къисас босизе рес щвараб мехалъги тӀаса лъугьаян абун гIадамал ахIулаан.

Гьединав вукIиналъе гьаб хIадисалъ баян гьабула.

Авараг ﷺ, ХIунайналъул гъазаваталъул заманалда, Билалил ратӀлилъ букӀараб гӀарац халкъалъе бикьулеб букӀана. Цо чияс гьесда абуна: «Я, Аллагьасул Расул! РитIухълъи щай гьабулареб», - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Дуда Аллагь гурхIаяв! Дун ритӀухъав гьечӀони, щив ритӀухъав вукӀине вугев? Дун ритӀухъав гьечӀони, дие зарал ккеларищ!» Цинги ГӀумарица абуна: «Дица гьесда хвалчен кьабилищ? Гьев вуго мунапикъ», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Те, Аллагьас дун цӀунаги, гӀадамаз дица дирго асхӀабзаби чӀвалел ругин абиялдаса», - ян.

Авараг ﷺ боцIул цо бутIа бикьулев вукIана, циниги ансаразул цояс абула: «Гьеб жо щибго Аллагьасул разилъи гьечӀеб буго», - ян. Гьеб Аварагасе ﷺ бициндал, гьесул гьумер багӀарлъула. Гьес абула: «Аллагь гурхӀаги, дир вац Мусада, гьесие гьалдасаги квешаб зулму гьабуна, амма гьес хӀехьана», - ян.

Цо гIалхул гIарабияв мажгиталда Авараг ﷺ вукIаго кIущула. Гьеб бихьарал асхӀабзабазе бокьула гьесие тамихӀ гьабизе, амма Аварагас ﷺ абула: «Нуж гьесде семуге», - ян. Цинги Аварагас ﷺ гьесда абула: «ХӀакъикъаталдаги гьал мажгитал чороклъиялъе, кIущ тIеялъе мустахӀикъал гьечӀо», - ян.

Абу Гьурайратидасан бицараб хӀадисалда буго: «Дун Аварагасда аскӀов вукIарав мехалъ гьесда тӀад букӀана хъачӀаб ретӀел. Цо гIалхул гIарабияс гьесул ретӀел цӀакъ кьварун ккола, хIатта кIигъуждузда лъалкӀ лъола. Цинги гьес абула: «Я МухӀаммад, дуда аскӀоб бугеб Аллагьасул бечелъиялдаса гьаб дир кӀиябго хӀамида баччизе кIолеб жо кьей. Дуца дурго гӀарцудаса яги инсул гӀарцудаса кьоларелъул», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Бечелъи Аллагьасул буго, дун Гьесул лагъги вуго», - ян. Жеги абула: «Дуца гьабураб жоялъе дуе жазаъ букIина», - ян. ГIарабияс абула: «БукIунаро», - ян. Аварагас ﷺ гьикъула щайин абун. Гьес жаваб гьабула: «Щайгурелъул дуца квешлъи квешлъиялдалъун бецӀуларелъул», - ян. Авараг ﷺ велъула ва амру гьабула цояб хӀамида ролъ, цогидаб хӀамида чамасдак лъейин» - абун.

Къади ГIияз абурав гIалимчияс жиндирго «Аш-Шифа» абураб тӀехьалда хъван буго: «Нилъеца рехсарал хӀадисаздасан нилъее гIей гьабула: гьесул сабру букIин къурайшияз гьарурал захӀмалъабазда ва заралалда цебе жагьиллъиялъул гӀасруялъ, захIмалъабазда цебеги кьвакIун чIейги, Аллагьас ﷻ  гьесие бергьенлъи кьезегIан, ай Макка рагъ гьечIого бахъи ва гьезда тӀад хӀакимлъунги тезегIан. Амма Маккаялъул агьлу божун рукIана Аварагас ﷺ гьезие зарал гьабилин. Аварагас ﷺ гьел тIаса лъугьун тана ва щибниги гьезие зарал гьабичIо. Аварагас ﷺ гьезда гьикъула: «Нужеда кин ракIалде кколеб, дица нужее щиб гьабизе бугеб?» - ян. Гьез абула: «ЛъикIлъи, мун вуго лъикIав вац ва лъикIав имгIаласул васги!» - ян. Аварагас ﷺ абула: «Нуж ритIарал руго», - ян.

Имам Нававияс абуна: «Аллагьас ﷻ  МухӀаммад аварагасулъ ﷺ яхӀ-намусалъул ва лъикӀлъабазул камиллъи (бищунго лъикӀал хаслъаби) данде гьаруна, гьесие кьуна лъай, тӀоцебесебги ахирисебги, гьединго, хвасарлъиялде рачунеб жоялъул лъайги кьуна, Аллагьас гьесие кьуна цонигиясе кьечӀеб жо, тӀаса вищана гьев тӀоцересездаги ахирисездаги гьоркьоса ва гьесие кьуна тӀолабго ракьалъул хазинабазул кӀулал. Амма Аварагас ﷺ гьеб гьукъана ва ахират тIасан бищана», - ян.

 

АрслангIали ГIумаров

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...