Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Кинаб ретIел Аварагас ретIизе тIаса бищулеб букIараб?

Аварагас жиндир къартI цIунараб рекъараб ретIел ретIулаан, гьесие бокьулаан хъахIаб ретIел ретIизе, хасго рузман къоялъ. Гьес чалма къалаан ва гьелда гьоркьан такъия лъолаан, цо-цо мехалъ чалма къачIого такъияго лъолаан. РетIел ретIулаго кванараб рахъ цебе гьабулаан, Аллагьасе рецц гьабун дугIаги гьабулаан.

Кида ва лъица Исламалда жаниб тIоцере чIорал рачIарал?

Гьижра гьабуралдаса тIоцебесеб соналъул шаввал моцIалъ, 80 мугьажирасдаса данде гьабураб рекIаразул къокъаялъе бетIерлъиги гьабун, ХIарисил ГIубайдат къватIиве вахъана, Абусупянил нухмалъиялда гъоркь унеб къурайшиязул дармил къапилаялъе нух къазе. «РабигI» абулеб жаниблъиялда гьел дандчIвана. Байбихьуда цоцаде чIорал рана, цинги капурзаби лъутун ана. АсхIабзаби хадур инчIо, гьел жалго тана. Гьеб букIана Исламалда ккараб тIоцебесеб чIорал речIи. («МухIаммад Авараг», 115 гьум.)

Аварагасул сипат, гьурмал кьер кинаб букIараб?

Гьесул гьурмал кьер баян гьабун буго Абу-ХIалал васас бицараб хIадисалда. Гьесул гьурмал паркъи букIана моцI бащалъуда бецIаб сардилъ моцIрол гвангъиялда релълъараб. Гьурмал кьер букIана бахьинаб канаб, къаркъалаялъул гьоркьохъеб халалъи букIана, гьайбалъиялъул рахъалъ гьесде вахарав чи вукIинчIо. («ХIаятуссахIаба» 1 бутIа, 32 гьум).

Щай бечедал чагIи Аварагасда данде рукIарал?

Щай абуни Аварагас абулеб букIиндал бечедалги мискиналги ращадал ва эркенал, Аллагьасул лагъзал ругилан. Бечедал гIадамазе бокьун букIинчIо жидерго буголъиялдаса ратIалъизеги, къадру-къимат гIодобе ккезеги.

Аварагасе сихIру гьабиялъул ва гьеб загьир гьабиялъул бицани бокьилаан.

Мадинаялъул ягьудияз цIакъго хIасад гьабуна Аварагасде ва гьесул асхIабзабазде. Гьезул цояв АгIсамил Лабидица Аварагасе сихIру гьабун, гьев заманаялъ унтана. Цинги ЖабрагIил малаик вачIун, Аварагасе сихIру загьир гьабуна ва гьеб лъица гьабурабали бицана. Цинги ХIабибас АгIсамил вас Лабид ахIана ва цIехрех гьабуна.

Лабид гIузру бачун мукIурлъана. ГIарацги кьун ягьудияз тIамун вукIанин бицана, Аварагас гьев тIаса лъугьун тана. Гьеб сихIруги букIана Лабидица рас-гьоркьоялда хурхун гьабун «зарван» абураб гъуялъуб. Гьеб лъараб мехалъ Аварагас гьеб гъуялъуса къватIибе бахъизе течIо, амру гьабуна тIаде ракьги хъван бахчизабеян.

(«Къисасул анбияъ» 2 бутIа, гьум 222).

Аллагьасул Расулас ретIел кин ретIунеб букIараб?

Салат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас бугеб жо ретIунаан. Гьесие хъахIаб ва гIурччинаб ретIел бокьулаан, амма гIемерисеб мехалъ хъахIаб ретIунаан. Гьесие ратIлилъ чIухIи бокьулароан. Гьес абулаан: «Дун Аллагьасул лагъ ккола, лагъас гIадин дица ретIелги ретIуна», - ян. Щиб тIад ретIаниги рекъолаан. РетIунеб жоги гьес кваранабрахъ цебе гьабун ретIунаан, бахъулаго квегIисахун бахъулаан.

РетIел ретIулаго Бисмиллагьги бахъулаан ва ретIун хадуб Аллагьасе реццги гьабун дугIаги гьабулаан. Цо-цо мехалда бетIералда чалмаги къалаан, гIарцул кIилкIал ругеб рачелги къалаан мех-мехалъ, кваранаб квералъул гьитIинаб килщида гIарцул баргъичги ххолаан.

Салат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас кванда гIайиб чIвалаанищ?

Киданиги кванда гIайиб чIвалароан. Гьес бокьани кваналаан, бокьичIони жибго толаан. Чадил къимат гьабеянги малъулаан. ГIаишатица бицана цо-цо мехалъ тIубараб моцI унаанин хинаб квен хIадуризе цIа бакичIого. Лъабго къогицин унаан Хирияс щибниги кваначIого. Гьес киданиги квенил бицунароан, рокъоб батараб жо кваналаан.

Аварагасул тIабигIат берцинлъиялъул бицани бокьилаан.

Салат-салам лъеяв Аварагас халкъ битIараб нухде ахIулаан берцинал вагIзабаздалъун, гьуинал рагIабаздалъун ва гьайбатаб мисалалдалъун. Гьес капурал гIадамазецин нагIана кьолароан, жив Аллагьас рахIматлъун витIарав вугилан абулаан.

Гьес жиндиего квешлъи гьабурал гIадамаздаса рецIелги босулароан ва абулаан: «Я, дир Аллагь, Дуца гьел битIараб нухда тIоритIе гьезда лъалеб гьечIо», - ян. Щивасдехун берцинаб тIабигIат хIалтIизабиялъул кутакалъ, щивасда ракIалде кколаан жиндаса хирияв чи гьесие ватиларилан.

АсхIабзабаз хIалалаб махсаро гьабуни гьев хьимулаан, жинцагоги гьоркьо-гьоркьоб махсаро гьабулаан. Амма хIакъаб гурого бицунароан. Рихараб, бокьулареб жоги бадибе абулароан, берцинго, хIеренго насихIат гьабулаан. АсхIабзабазе берцинал цIарал кьолаан ва гьезул ракIал рохизарулаан.

Гьев r вукIана бищун гIадамазда гурхIулев, бищун гьезие мунпагIат цикIкIарав. Цо чияс квешаб жо гьабунин рагIидал, гьеб гьабурав чиясул цIарги абичIого абулаан цо-цо чагIаз гьадинал квешал пишаби щайда гьарулаян. Гьедин квешлъиялдаса рикIкIалъизе гьелги кантIизарулаго.

Аварагасул халифабазул цIарал рехсани бокьилаан.

Авараг хун хадуб халифабилъун рукIана бищун мустахIикъал асхIабзаби: Абу Бакар, ГIумар, ГIусман, ГIали ва ХIасан ибн ГIали (Аллагь жидеда разилъаял).

Дунялалда чIаго рукIаго жидеда алжаналъул рохел бицарал асхIабзаби щал рукIарал?

Аллагьасул Расулас дунялалдаго алжаналъул рохел бицарал асхIабзаби анцIго руго: Абу Бакар, ГIумар, ГIусман, ГIали, ТIалхIат, Зубайр, СагIду, СагIид, АбугIубайдат, ГIабдурахIман бин ГIавф.

Гьел гурелги батIа-батIагоги Аллагьасул расулас гIемерал асхIабзабазда алжаналъул рохел бицана. Масала: муъминзабазул эбел Хадижатида, яс ФатIиматида, ХIасангун ХIусейнида, ибну МасгIудида, ГIукъаматида ва гь.ц.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...