Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гурхIел

Аварагасул ﷺ гурхIел

Аварагасул ﷺ гурхIел

Аварагасе ﷺ кутакалда рокьулаан мискинзабигун пакъирзаби. Гьезие, живго вакъун чIунги, кваназе жоги кьолаан.

 

Гьес ﷺ абулаан: «Нужер лагъзал нужер вацал ккола, нужеца кваналеб жо гьездаги кваназабе, нужеца ретIунеб жо гьездаги ретIе», - ян.

Гьединго абулаан, умматалъул пакъирзаби гьелъул бечедал гIадамаздаса щунусго соналъ цере алжаналде унилан. Цоги абула: «ГIадамазда мискинзаби рихараб мехалда, Аллагьас гьезде ракъдаллъиги, ханзабазул зулму-хиянатги, тушбабазул къуватги тIаде тIамулин», - абун. Гьединго абула: «Нужеца мискинзабазулгун лъай-хъвайги гьабе, гьезие лъикIлъиги гьабе, гьезул Аллагьасда аскIоб хасаб хиралъи буго», - ян. Гьес ﷺ Аллагьасда гьарулаан: «Я, дир Аллагь, дица Дуда гьарула дие мискинзаби рокьизаре», - абун. «Я, ГIаишат, дуе мискинзаби рокьа, дуца гьел гIагарги гьаре, Аллагьас къиямасеб къоялъ мунги Жиндего гIагар гьайизе йиго», - янги абулаан.

 Цо нухалъ Аллагь разилъаяв Абубакар-асхIаб мискинал асхIабзабигун къацандана. Гьеб мехалъ Аллагьасул расулас гьесда абуна: «Я, Абубакар, дуца гьезул ццинищ бахъинабураб? Дуца гьезул ццим бахъинабун батани, Аллагьасул ццим дудаги бахъуна», - ян. Гьеб мехалъ Абубакар гьезде аскIове ана ва абуна: «Я, дир вацал, дица нужер ццин бахъинабунищ?» - ян. Гьез абуна: «БахъинабичIо, нижер вац, Аллагьас дур мунагьал чураги!» - абун (Муслим).

Гьес ﷺ гIадамазе хIарамаблъун гьабуна гьаби, кутул, хIелкал ва цогидал хIайванал рагъизе тIами. Гьес ﷺ васият гьабулаан хIайваназда гурхIел гьабеян, гьел ракъизаругеян, гьезда бакIаб жо баччизабугеян, гьезие гIазаб кьогеян. Гьес ﷺ абуна къверкъ чIвагеянги. Гьединго абуна, цо чIужугIадан жужахIалъе хIакълъанин гьелъ кето хвезегIан бакъизаби сабаблъунилан. Варанабазда рекIун харбида рукIунгеянги абулаан.

Гьесда ﷺ бихьана цояс гIинги ккун гIиялъажо хъвезе бехъерхъун бачунеб. Аварагас ﷺ абуна, гIинги биччан, габуралъул кIиябго хьибилги ккун, бигьагьабун бачеян. Гьесда ﷺ цояв вихьана гIиялъажоги гIодоб тIамун нус рекIинабулев. Аварагас ﷺ гьесда абуна, дуца гьалда кIицIул хвелищ чIамизабулеб бугеб, гьелда бихьулареб бакIалда рекIинабе нусилан.

Гьес ﷺ абулаан хъолеб жо нужеца берцинго хъвейин, бигьагьабун гIодобги тIамейин, нусги лъикIго рекIинабейин абун. 

«Бищун хирияб гIасру - дир гIасру буго (асхIабзабазул гIасру)», - ян абуна аварагас ﷺ. Гьединго абуна: «Нуж дир асхIабзабазде хьандоге, дир рухI кодосев Аллагьасдалъун дун гьедула, нужер цояс УхIуд мегIергIанасеб месед садакъаде бикьаниги, дир асхIабзабаз цо сахI яги гьелъул бащалъи садакъаде кьуралъул кириялде бахунаро», - ян (Бухари, Муслим).

 

МухIаммаднаби АхIмаев

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...