Аслияб гьумералде

КъечI буссинабулеб

КъечI буссинабулеб

КъечI буссинабулеб

Къиямасеб къоялъ Аварагасул ицц абун жинде цIар бугеб хIавуз ккола моцIрол нухалъул гIатIилъи бугеб, бокIналги ращадаб, жиндир лъим рахьдадаса хъахIаб, мискалдаса махI гьуинаб, (гьацIудаса гьуинаб), зодор ругел цIвабзаздаса суркIаби гIемерал, цо нухалъ жиндаса гьекъани кидаго къечоларел.

 

Гьелдаса лъим гьекъола Аварагасул ﷺ суннат бацIцIадго цIунарарал муъминзабаз. Цогидал аварагзабазулги хIавузал рукIине руго. Бищун цIикIкIарал гIадамал МухIаммад аварагасул ﷺ хIавузалде рачIине руго. Гьесдаги цогидал аварагзабаздаги cвалат-салам лъеги. Амин!

Кавсар ккола хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ жиб хасаб алжаналда бугеб гIор, кIиябго рагIал меседил, маргъал-якъуталдаса жиб чвахулеб, тIинда бугеб ракь мискалъул, жиндир лъим гьоцIоялдаса гьуинаб, рахьдадаса хъахIаб.

СиратIалъул кьо ккола жужахIалда тIасан цIараб, расудаса тIеренаб, хвалчадаса лебалаб. Гьелъул халалъи лъабазарго сонил буго. Гьелда тIасан киналго гIадамал риччала. Гьеб кьо бахун хадуб гурони алжаналде щоларо. Гьеб тIоцебе бахине буго МухIаммад аварагасги ﷺ гьесул умматалъги. Гьеб къоялъ аварагзабазул ахIиги гьариги «Я Аллагь саллим, саллим» абун букIине буго. Хвасар гьаре абун. Гьелда тIасан ин гIамал бихьун букIуна. Цоял къанщараб бер гIадин хехго уна, цогидал пирхараб пири гIадин, цогидал гучаб гьури гIадин, цогидал роржунел хIанчIи гIадин, цогидал хехго бекерулеб чу гIадин, цогидал рилълъун, цогидал хъурщун, цогидал хIатIазда унаго хIетIе хун квералъ ккун, цо лага батIалъун, цогидалъ ккун, хIалица, гIемераб къоги бихьун рорчIула. ЖужахIалде унел капурзабиги гIасизабиги гьеб сиратIги бахине кIвечIого жанире рортула. Гьелда тIадги заз-хъарахъ, ярмахъал, гъуцIдул рукIуна капурзаби кколел. Къокъго абуни, дунялалда Аллагьасул ﷻ нухда ритIун чIарабгIан къадаралъ гьеб сиратI гIатIилъула ва бахинеги бигьалъула. Аллагьасул ﷻ нухдаса кьурарабгIан къадаралъ гьеб кьоги къварилъула ва бахинеги захIмалъула.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...