Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ бахIарчилъи кинаб букIараб?

Рагъул кор боркьарал, къварилъи цIикIкIарал гIужазулъ бищун бахIарчиял асхIабзабигицин гьесда нахъе кIанцIулел рукIана, гьевин абуни, рагъул кор боркьараб майданалда, вараниялдаги рекIун тушманасде тIаде унев вукIана.

Гьесул ﷺ нечей кинаб букIараб?

Гьесда нечеялъул кутакалъ чияр гIайибазде балагьизе кIолароан. Чияда бадибе, гьесда рихараб жоги абун гьев кIалъалароан, ничаб, чорокаб рагIи гьесул кIалдиса кидаго рагIичIо.

Гьесул ﷺ ракI гIатIилъи кинаб букIараб?

Гьесда аскIове вачIаравщинав асхIабасда ракIалде кколаан дидаса хирияв чи гьесие ватиларилан. Щивав асхIабасул цIакъ тIалабагъазги гьабулаан.

ГурхIел кинаб букIараб?

Къуръаналъго гьесие сипат гьабуна муъминзабазда кутакалда гурхIулевин абун. Гьес абулаан ракьалда ругезда нуж гурхIа, нужеда зодор ругел гурхIилилан.

Кьураб рагIи кквей кинаб букIараб?

Цо чияс пуланаб бакIалда балагьун чIезеян гьабураб къотIи сабаблъун лъабго къоялъ гьев балагьун чIана рагIи кьурав чи вачIинегIан.

Гьесул ﷺ чIухIи гьечIолъи кинаб букIараб?

Нухда дандчIварав мискинчияс букIа, чIужугIаданалъ букIа хIажат бицунаго, гьезухъ гIенеккун нух бакьулъ гьев сагIтацаги вахъун чIолаан.

Гьесул ﷺ битIараб бицин кинаб букIараб?

Гьесул гIумруялда жаниб кидаго, лъидаго рагIичIо гьес бицараб цониги гьереси, хIатта авараглъи кьун хадуб цо-цо мушрикиназ абизе лъугьараб мехалъ, гьес жив авараг вугин бицунеб жо гьереси бугилан, цогидал мушрикинал данде рахъунаан кIикъого соналъ бицинчIеб гьереси гьес гьанже бицине рес кин бугебин абун.

Гьесул ﷺ ритIухълъи, божаравлъун вукIин кинаб букIараб?

ГьитIинаб къоялдасаго Маккаялъул гIадамазда гьоркьоб гьесул цIар машгьурлъун букIана «МухIаммадунил Амин» абун, ай божарав, хиянат гьечIев, ритIухъав МухIаммадин абун. ХIатта чIухIарал капурзабазцин гьесда иман лъун гьечIониги, гьес хиянат гьабунгутIиялда ракIчIун букIиналъ, рикIкIаде сапаралъ унеб заманалда жидерго цIунизе бокьараб къиматаб жо бугони, гьесда аскIоб цIунизе гьебги тун унаан сапаралъ.

Гьесул ﷺ гIакълуялъул гъвари-лъи, пикруялъул цIодорлъи кинаб букIараб?

Гьелъие нугIлъи гьабула хъачагъаллъун, зулмучагIилъун, ришватчагIилъун, гьекъолдухъабилъун, зиначагIилъун рукIарал гIадамал, гьесул тарбияталъги нухмалъиялъги, хIалимал, бахIарчиял, сабурал, гIакъилал, ритIухъал, рацIцIадал, сахаватал гIадамал лъугьинариялъ. Дунялалда бихьараб жо гуро гьес инсанияталъул пикрабазулъ гьабураб гIадаб хисабаси, гьезул пикраби квешалдаса лъикIалде сверизари. Жакъа 1400 сон ун хадубги, гьес гьезие кьураб тарбият сабаблъун тIолабго инсанияталъул чIухIилъун хутIун руго гьесда сверухъ рукIарал асхIабзаби.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...