Аслияб гьумералде

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Гьале тIаде щвана Авараг ﷺ гьавурав хирияб моцI – рабигIул аввал. Гьаб моцI бусурбабазе хирияб буго.  Гьаб моцI нилъеца мавлидал ахIун, Аварагасул ﷺ бицун тIобитIизе жигар бахъула. Гьаниб рехсей гьабила  цо-цо Аварагасул ахлакъал гьесул хьвада-чIвадиязул.

 

ТIадегIанаб тIабигIат

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго Авараг ﷺ рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемер тIокIлъа-баздалъун хасгьавуна. Аллагьас ﷻ Авараг тIабигIатаздалъун гIемер веццана цогидал тIокIлъабазде дандеккун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «ХIакълъунго мун, Авараг , тIадегIанав тIабигIаталъул вуго», - ян. (Сура «ал-Къалам», аят 4).

 

ХIеренлъи

Авараг ﷺ гIадамазе бигьаяв, хIеренавлъун вукIана, кутакалда лъикI гьездехун гурхIел-рахIмуги гьабулаан. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Нужедаго гъорлъа Авараг вачIун вуго нужехъе, нужее къварилъи ккей жиндие захIмалъулев, нуж иман лъун битIараб нухде ккезеги цIакъ бокьулев, миъминзабазда гурхIел-рахIмуги бугев». (Сура «ат-Тавбат», аят 128). Ай, нужехъе Авараг ﷺ вачIана, инсанлъиялъулъ жив нужеда релълъарав. Нижеца гьев цогидаздаса хасгьавун вукIиналъе гIоло, нужеда гурхIел гьабиялъул ретIел ретIана гьесда ва гьевги нужеда тIад тана гурхIел-рахIму бугев вукIиналъул хIужабаздалъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьуна жиндирго берцинал цIарал – Рауфун ва РахIимун, гьелъул магIна ккола «ГурхIулев» абун. Жиндир лъикIлъиялъулъ Аварагас ﷺ киданиги бусурбабазда ва капуразда гьоркьоб батIалъи гьабичIо.

 

Агьлуялда гурхIел

Аварагас ﷺ гурхIел агьлуялъеги гьабулаан. Анасица абуна: «Дида вихьичIо щивниги АвараггIадин хъизаналде лъикI вукIунев», - абун. Гьединго Аварагас гьезие рукъалъул хIалтIабазулъ кумекги гьабулаан.

 

Сахавалъи

Сахавалъи Аварагасул тIаби-гIатаздасан букIана. Аварагасул ﷺ сахавалъи букIинчIо гIадамал тIадецIаялъе, чIужуялъе, бечелъи тIаса инилан хIинкъун. ГIицIго Аллагьасе ﷻ гIололъун, ислам тIибитIизелъун ва ятимазе кумекалъе букIана.

 

КъотIи тIубазаби

Аварагас ﷺ кидаго къотIи тIубазабулаан ва жиндихъе цIунизе кьурабги цIунун, зарал ккезе течIого нахъе буссинабулаан. Гьединав гьев вукIиналъ гьесие цIар щвана «Аминун» абураб.

 

ТIаса лъугьин

ГIадамазул бищун хIалимав Авараг ﷺ вукIана, тIаса лъугьине бищун бокьулевлъунги вукIана. Росу тIарада ругел унтарал чагIазухъеги зиярат гьабизе унаан.

 

Бищун хирияв

Киналниги Аварагзабазда гьоркьов бищун хирияв МухIаммад Авараг ﷺ ккола. КьучIаб рагIиялда бан 124000 азарго Авараг вуго ва гьезда гьоркьор 314 расулзабиги руго.  Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсана 25 Авараг. Нилъер Аварагасда ﷺ хадуб хирияв ккола Ибрагьим Авараг, хадув Муса, хадув ГIиса, хадув НухI, хадув Адам.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...