Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ кванай

Аварагасул ﷺ кванай

Аварагасул ﷺ кванай

Аллагьасул Расуласул ﷺ кванай букIана гIадатияб, бугелда гIей гьабураб, цебе лъураб кваналеб. Гьесул ﷺ квен-тIехги квана-гьекъейги букIана исламалъул гьайбатлъи бихьизабураб, берцинал адабал ц1унараб. Живго вукIана кванай дагьав, кваналелъулги чехь ц1езабуларев.

 

Гьес ﷺ тIалаб гьабулароан кьер-кьерал нигIматал, кванилъ тIасабищи гьаби кколелъул гIемер квана-гьекъолезул ва ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ рикIкIалъарал гIадамазул хасият.

ГIемерисеб мехалда кваналаан пуч1инадулгун ролъул гьабураб чед, чамасдакI, рахь ва гьелдаса рахъарал нигIматал, зайтуналъул нах, гьан, хъабахъ, охцер гIадал нигIматал, бокьулаан гьоц1о. Абулаан: «Нилъ руго ракъи лъазегIан кваналарел гIадамал, кваналелъулги гIорц1изегIан кваналарел», - абун (Бухари).

 

Аварагасул ﷺ чед

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Аварагас ﷺ кваналеб букIана ц1алкIич1еб пурч1инадул чед (гьоркьоб бугеб гьохъгун)», - абун. Жеги абулеб буго, цо-цо мехалъ чадил кескал къалаан Гьесул ﷺ шокърониб, гьел эхе инаризелъун тIаде лъимги гьекъолаанин абун, ай гьедигIанги дандежо букIинабиялъул кIвар гьабич1ого, ракъи хьваялъе бакъвараб чед кванаялда гIей гьабун ч1олаанин. (Бухари)

Сагьл ибну СагIдида ц1ехедал: «Аварагас ﷺ ц1алкIараб, бац1ц1адаб ханждал гьабураб чед кваналеб букIинч1ебищ?» - абун, гьес жаваб кьуна: «Дида вихьич1о, гьаб дунял тун инегIан, Аллагьасул Расул ﷺ гьединаб чед кваналев», - абун.

Гьесда (Сагьлида) ц1ехола: «Аллагьасул Расуласул ﷺ заманалда нужер букIанищ ц1алкIу?» - абун. Сагьлица жаваб кьуна: «Нижер ц1алкIу букIинч1о», - абун. «Кинха нужеца ханжу бац1ц1ад гьабулеб букIараб?» - абун ц1ехедалги, гьес бицана: «Нижеца ххенараб ролъалде пулаан ва пун нахъе инабизе кIвараб инеги гьабулаан, цинги буцулаан гIатIги», - абун (Бухари).

Гьебго хIадисалъул цогидаб риваяталда буго Сагьлида ц1ехедал: «БукIанищ Аварагасул ﷺ заманалда ц1алкIу?» - абун, гьес жаваб гьабунин жинда вихьич1ин Авараг ﷺ ханжу ц1алкIулевин абун. Гьелдаса босун абулеб буго, Исламалда тIоцере рукIарал бидгIиял алатазул цояб ц1алкIу бугинги. Имам Гъазалияс абун буго гьелъул магIна кколарин ханжу бац1ц1ад гьабизе ц1алкIу хIалтIизаби какараблъун бугин аби. Какараблъун бокьараб пиша рикIкIунин Аварагасул ﷺ суннаталда ва гьесул ﷺ амруялда данде кколареблъун бугеб мехалъ. Ц1алкIуялъул хIалтIи бугила чороклъиялдаса кваналеб жо бац1ц1ад гьаби, гьеб хIалалаб пишаги кколин абун.

Анасица бицун буго: «Дида лъаларо (бихьич1о) Аллагьасул Расулас ﷺ тамахаб панкъ (гьохъалдаса бац1ц1ад гьабураб ханжуялъул) кваналеб…», - абун (Бухари).

Къатадидаса ва Анас ибну Маликидаса бицун буго: «Аллагьасул Расул ﷺ киданиги столалда нахъа гIодов ч1ун кванач1о, квание хасал ц1арагIалги хIалтIизарич1о, бац1ц1ад гьабураб ханждал чедги кванач1о», - ян.

Къатадатица хадубги абуна: «Гьел (Авараг ﷺ ва агьлул-байт) кванана (гIодоб тIамураб) жоялда нахъа гIодорги ч1ун», - ин (Насаи). Гьал рехсарал жалги руго хадурккун раккарал алаталгун тIагIелал, амма хIалтIизаризе какич1ел, какараллъун гьел лъугьуна гьездалъун ч1ухIи ва кIодолъи чияс бихьизабизе лъугьиндал.

 Масрукъ ибну АждагIица бицун буго: «Цо нухалъ дун щвана ГIаишатихъе (Аварагасул ﷺ лъади, муъминзабазул эбел), гьелъ хъулухъчиясда абуна дие кваназе жо кьеян. Квен цебе лъун хадуб гьелъ абуна: «Дида кIоларо гIорц1изегIан кваназе, дир бадиб магIу хулула ва гIодизе байбихьула», - ян. Дица ц1ехана гьелъие гIилла щибилан абун. ГIаишатица абуна: «Дида ракIалде щола Аллагьасул Расуласда ﷺ дунял тун унелъул букIараб хIал. АллагьасхIаги, кIиго нухалъгIаги къойида жаниб чед яги гьан кванан гьев ﷺ гIорц1изегIан кванач1о», - ян (Тирмизи).

Абу Гьурайратидасан бицараб цоги хIадисалда буго: «МухIаммадил ﷺ агьлуялъ лъабго къоялъниги гIорц1изегIан тIатIала квен кванач1о», - абун (Бухари).

Имам Муслимица тIаде жубан буго: «МухIамадил ﷺ хъизамалъ кIиго къоялъниги тIатIалаго гIорц1изегIан ролъул гьабураб чед кванач1о, кIиабилеб къоялъ чамасдакI кванан гурони», - абун. Гьезул рокъоб хадусеб къоялъе гIураб ханжу букIинч1олъиялъ.

ГьедигIанги гьабулароан Аварагас ﷺ хадусеб къоялде абун жиндиего нахърател ва дунялалъул нигIматазул тIалаб.

ГIаишатица бицараб хIадисалда буго Аллагьасул Расулас ﷺ киданиги къаси квен радалалде тун яги радалисеб къасиялде тун нахърател гьабулеб букIинч1ин. ХIадис-гIелмуялъул гIалимзабаз баян кьолеб буго гьедигIанги кIудияб божилъи гьабулаанин гьес ﷺ жиндирго БетIергьанасдеян.

Аллагьас ﷻ тавпикъ гьабеги щивасе Аварагасул ﷺ нухккун гIумру тIамизе! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...