Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ нухдасан кьуричIев

Аллагьасул ﷻ нухдасан кьуричIев

ЧIикIасезул цересел машгьурал гIалимзабаздасан рехсезе мустахIикъав вуго ШагIбанил вас Ибрагьимхалил. Гьев гьавуна 1888 соналда. Гьесул эмен хвана лъабго лъимерги нахъе тун: кIиго ясги цо васги. Бесдал лъимал хьихьизе тIаде ккана эбел ГIашатиде. Гьей йикIана цIакъ диналда тIад чIарай, гIадамазе йокьулей, лъикIай чIужу. Росулъ йикIана ПатIиматин абун Аллагьасул ﷻ вали. Гьелъухъе зияраталъе хьвадулей ГIашатица жиндирго вас Ибрагьимхалилги вачунаан цадахъ.

Жиндего тIаде ккараб лъималазул ургъелалъги ва гьединго гьей Аллагьасул ﷻ валиялъул баракат щвеялъги ГIашат гьесизаюна вас Ибрагьимхалил мадрасалде цIализе кьезе. Гьев цIалулеб заман букIун буго ракъи бугеб, цIакъ захIматаб. Ибрагьимхалилица бицухъе, мутагIилзаби щибаб рузман сордоялъ гьардезе унел рукIун руго кваназе жо кьеян. КигIан захIмат-гIакъуба бихьаниги, Ибрагьимхалилица цIали рагIалде бахъинабуна ва гъваридго исламияб гIелмуялде жанибе нухги рагьун, лъикIав гIалимги вахъана. Гьев хадув машгъуллъула живго жиндаго тIадчIун исламалъул къанунал лъазариялде. Ибрагьимхалил вукIун вуго, лъикIго гьев лъалезул биценалда рекъон, гъваридаб гIакълуги, лъикIаб, берцинаб гIамал-хасиятги бугев инсан. Гьев кьурулароан Аллагьасул ﷻ нухдасан. ДагIба-къецалъул суалалгун гьесухъе рачIунел рукIана ЧIикIаса гурелги, цогидал бакIаздасаги гIадамал. Кинал шартIазде кканиги, исламалъе ва гьелъул низамалъе гьев хилиплъичIо. ГIолохъанав гIалимас динияб хIалтIи гьабизе байбихьараб заман букIана революциялда хурхун улкаялда чIахIиял хиса-басиял ккараб. Коммунистаз унго-унгояб рагъ гьабизе лъугьана диналде, гьелъул хIаракатчагIазде, хасго расги гIайиб гьечIел гIалимзабазде данде.

Ибрагьимхалилица гьединаб хIинкъараб заманалда балъго гьабизе ккана гIадамазда гьоркьоб шаргIалда рекъон дин гьабиялъул хIалтIи.

ХIукуматалъул органазул хIалуциналъги мацIихъабазул мацIазги цо бакIалдаса цоги бакIалде гочаризе ккана. ЧIикIаб росулъа Къакъаялде гочана. Гьенисаги «Зеленая будкаялде», гьелдаса хадуб Нефтекачкаялде. Ахиралда Темиргъое станциялда гIумруги жиндирго динияб ишги гьабизе ккана Аллагьасул ﷻ къадаралде щвезегIан. Гьел рехсарал бакIазда имамлъиги гьабуна ва балъго лъималги цIализаруна. ТIаса-маса течIого махраж, тажвид рекъезабун малъулаан Ибрагьимхалилица Къуръан. Гьесул хъизан ГIашат йикIана гIалимчи ГIабдусалам-къадил яс. Гьей йикIана цIакъ Аллагьасдаса хIинкъарай, динияй, росасе мутIигIай, гурхIел бугей, гIадамазеги йокьулей, жиндие гIадамалги рокьулей инсан. ГIемерал соназ гьелъ ЦIияб ЧIикIаб росдал руччабазе цебехъанлъиги гьабуна. ТаравихIазул какал разе гьелъул рокъоре ракIарулаан руччабазул жамагIат. ГIашатица ясазда Къуръан цIализеги малъулаан.

Насураллагь Абакаров, ЦIияб чIикIаб росу.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...