Аслияб гьумералде

Бусурбабазул гIелмияб цебетIей

Бусурбабазул гIелмияб цебетIей

Бусурбанал гIалимзабаз кIудияб квербакъи гьабуна дунялалъулго гIелму цебетIезабиялъе. Масала, ибн Синал «Аль-Къанун» абураб тIехь рикIкIуна медицинаялъул гIелмуялъул кьучI лъураблъун. Гьебгиха тIолабго Европаялдаго. Гьеб тIехьалдаса 600 соналъ пайда босулеб букIана Европаялъул университетазда.

  • Рази (864-925) абурав гIалимчияс тIоцебе гIелмияб куцалда баян кьуна тIадерахъиялъе, бакъул унтиялъе, сири баялъе гIадал унтабазе.
  • Ахшамсадиница (1389-1459) тIатинабуна микробал рукIин.
  • Камбур Васимица (хвана 1761 сон) загьир гьабуна туберкулезалъул микроб.
  • Ибрагьим Жассарица (хвана 1009 сон) 1000 соналъ цебего бихьизаруна барас (проказа) унти ккеялъе гIиллаби ва малъана гьеб сах гьабулеб къагIида. Ибн Хатибица (1313-1374) чIезабуна вабаъ инфекциялъулаб унти букIин.
  • ГIаммар абурав гIалимчияс 9 гIасруялъ цебе хIалтIизабуна беразе операция гьабулеб къагIида.
  • ГIали ибн ГIаббасица (хвана 994 сон) операция гьабуна рак унти сах гьабиялъе. Гьес хъвараб «Китаб аль-Малики» энциклопедия жакъаги кIвар бугеблъун ккола.
  • ТIоцебесеб азархана бана 707 соналда, Валид ибн ГIабдулмалик халифлъун вугеб заманалда. ХIисаб гIелмуялъулъги бусурбанал гIалимзабаз кIудияб бутIа лъуна. Гьезул хIалтIабаз жакъаги тамашалъизарула гьанжесел гIалимзаби. ГIалимчи Жак Рислерица тасдикъ гьабулаан ЦIилъиялъул эпохаялъул (15-16-абилел гIасраби) заманалда математикаялъул мугIалимзабилъун рукIанин бусурбабиян. Алгебраялъе кьучI лъурав Хорезмица (780-850) тIоцебе хIалтIизабуна ноль тарих. Гьес хъвана алгебраялъул «Аль-жабр ва аль-Мугабиле» абун цIар тараб тIехьги.
  • Беттаница (858- 929) кьучI лъуна тригонометриялъе.
  • Абул-Вафаца (940-998) тригонометриялъулъ тангенс, котангенс ва косинус абурал гIелмаби тасдикъ гьаруна.
  • Насруддин Туси (1201 - 1274) ккола тригонометриялъул кIвар бугеб хIалтIи хъварав чи.
  • Хисардулел формаби ричIчIизаруна ибн Юнусица (хвана 1123сон). «Формула бинома» рагьана ГIумар Хаямица (хвана 1123 сон).
  • Дифференциалияб исчисление Ньютонидаса гIемерго цебе рагьун букIана Сабит ибн Гурраца (хвана 901 сон) Астрономиялъул гIелмуги лъазабулаан бусурбанал гIалимзабаз. Исламиял пачалихъазул гIемерисел шагьаразда ран рукIана обсерваториял. Гьенир бусурбанал гIалимзабаз гьарулел рукIана гIелмиял цIехрехал. Гьелъул хIасилалда Джордано Бруно (1546-1601), Коперник (1473-1543), Галилей (1564-1642) гIадал гIалимзабаз лъазарулаан гьезул хIалтIаби.

ГIУРУСАЛДАСА БУССИНАБУНА БАРИЯТ МУХIАММАДОВАЛЪ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...