Аслияб гьумералде

Рузманалъе хiадурлъи

Рузманалъе хiадурлъи

Рузманкъо буго бусурбанчиясе гIид. Рузманалъе хамиз къоялдасаго байбихьун хIадурлъизеги ккола. Гьеб гIужалъ дугIа-алхIам гIемер гьабила, рузманкъоялде течIого, ретIунеб ретIел, гьуинаб махI хIадурила. Рузман сордоялъ «суратул Кагьфиги» цIалила, МухIаммад Аварагасде гIемер битIила ссалатги, бищун дагьаб лъабнусго бугилан хъвалеб буго «ИгIанат тIалибалда».

Рузманкъоялъ, цебесеб яги хадусеб къоги данде къан, кIал кквезеги суннатлъула, цудунго рузманалдеги ина. Щай абуни, рузманкъоялъул тIоцебесеб сагIаталъ ани варани, кIиабилелъ ани - оц, лъабабилелъ - куй, ункъабилелъ - гIанкIу, щуабилелъ - хоно садакъаде кьураб гIадаб кири щола. Рузманкъоялъ черхги чурила, бацIцIадаб, цIияб ретIелги ретIина (хъахIаб ретIел бищунго Аллагьасе бокьула).

Къвалакьа, гIавраталдаса расалги инарила, малъалги къунцIила, черхалда, ратIлида гьуинал махIалги гьарила. Рузманалде унаго гIодове виччан, Аллагь рехсолаго, адабалда ина. Мажгиталде лъугьунаго кваранаб хIетIе цебе ккезабила, къватIиве вахъунаго квегIаб хIетIе цебе ккезабила, дугIаги цIалила, Аварагасде ссалатги битIила, тахIийяталъул какги бала, жанир ругезе саламги кьела.

Цебесеб кьерги тIалаб гьабила, гIодор чIаразул гарбазда тIасан галабиги росиларо, имамасда аскIов гIадинги чIела, хутIба цIалулаго лъидаго кIалъаларо, кIалъани рузманалъул кири борчIула. Рузман сордоялъго гIадин къоялъги «суратул Кагьфи» цIалила, ссалатги гIемер битIила. Бищун дагьаб рузман сордоялъги лъабнусго рузманкъоялъги лъабнусго ссалат битIеян хъван буго.

Как балел чагIазда цевесанги вилълъинаро. Как балев чиясе лъабго натIги тун, цевеса ине бегьула. Рузманалдаса салам кьурабго анкь-анкь нухалъ алхIам, къулгьу, кIиябго къулагIузуги цIалила, хадуб дугIаги гьабила. Рузманкъоялъ гIелмуялъул мажлисаздаги гIахьаллъила, гьеб къоялъ сундалъун бугониги садакъаги гьабила, Къуръанги гIемер цIалила, тасбихIалъул какги бала, дугIаги гIемер гьабила, хасго дугIа къабулаб сагIат борчIичIого букIине хIаракатги бахъила.

ТIубараб къоялда жаниб гьеб сагIат балъго гьабун буго, къоялъго хIаракат бахъулевлъун вукIине. Амма гьеб сагIаталда дандчIвазе хьул бугел гIужал руго бакъ баккулеб мехалъ, битIун къалъараб гIужалъ, рузманалъул как ахIулеб гIужалъ, имам хутIба гьабизе минбаралде вахунеб гIужалъ, гIадамал рузманалъул как базе тIаде рахъунеб гIужалъ, бакъанидаса хадуб, хасго бакъ тIерхьине байбихьараб мехалъ. Гьал гIужаз хасаб кIвар кьезе ккола дугIа гьабизе. Къокъго абуни, цогидал къоязда гьоркьоса рузманкъо, рес бугони, ахираталъе тела, хутIарал къояздеги гьелъул баракат тIибитIизе.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...