Аслияб гьумералде

Хваразде зиярат

Хваразде зиярат

Нилъер гIагарал хваразде зиярат гьаби аварагасул суннаталдасан ккола. Исламалъул авалалда аварагас гьукъун букIана хабал агьлуялъухъе зиярат гьаби. Гьукъиялъе гIиллаги букIана жагьилаб заманалда хабзалазде зиярат гьаби къосарал пишабазда хурхараб букIин.

Гьеб хIалалда, гьанжего-гьанже ислам босараз хабзалазда аскIоб жагьилияб заманалда абулеб букIараб абичIого букIине гьукъараб букIана. Кинниги бусурбабазул рекIелъ иман щулалъидал, хирияв аварагас изну кьуна асхIабзабазе хабзалазде зиярат гьабизе, гьелдалъун чIагояз хваразе дугIа гьабун гьезие пайда букIине. Изну кьей гуреб жеги тIаде аварагас лъикIаблъун бихьизабуна хабзалазде зиярат гьаби. Аварагас абуна:

«Цебе дица нужее хабзалазде зиярат гьаби гьукъун букIана, гьанже нужеца зиярат гьабе», - ян.

Аварагас бицухъе, хабзалазде зиярат гьабиялъулъ кIудияб хIикмат буго. Гьелъ инсанасда ракIалде щвезабула хвел ва ахират, хваразе дугIаги гьабула. Зиярат гьабиялъе бихьизабураб хасаб заманги гьечIо, гьединлъидал бокьараб мехалъ рес буго гьениве ине. Лъазе кколеб жо буго, зияраталъ вачIарав чи хварасда аскIов, гьев чIаго вугеб мехалъ вукIуневго гIадин, вукIине ккей. Хабзалазде вачIарас ялъуни гьелда аскIосан унес, тIоцебесеб иргаялда, хваразе салам кьела. Гьелда хадуб хваразе дугIа гьабун Аллагьасдаги гьарила.

ГIаишатидасан бицана БакъигIалъул хабзалаздеги ун аварагас абулаанин: «Ассаламу гIалайкум дара къавмин муъминина, ва атакум ма тугIадуна, гъадан муажжалуна, ва инна ин шаа ллагьу бикум лахIикъуна, Аллагьуммагъфир лиагьли бакъигIил гъаркъади», - ян. (Муслим)

Абугьурайратидасан бицана хабзалазде цо къоялъ вачIарав аварагас абунин: «Ассаламу гIалайкум, дара къавмин муъминин, ва инна ин шаа Ллагьу бикум лахIикъун», - илан. (Абу-Давуд, Ибну Мажагь) Хабзалазде зияраталъе вачIарасе лъикIаб буго гIемер Къуръан цIализе, Аллагь гIемер рехсезе ва хваразе дугIа гьабизе. ГIемер зияраталъе хьвадизе беццарабги буго. Хабзалазде зиярат гьабиялдаса мурадги гIицIго Аллагьасул разилъи тIалаб гьаби, хвел ракIалде щвезаби ва дугIа-алхIам цIалун хварасе пайда гьаби буго. Аллагьасда лъикI лъала.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...