Аслияб гьумералде

СагIид-афандиясул тIоцевесев мугIалим

СагIид-афандиясул тIоцевесев мугIалим

Якъубил ХIажияв гьавуна 1890 соналда ЧIикIаб росулъ, Якъубилги ПатIиматилги хъизамалда. Эбел-инсуца тIадчIун хIаракат бахъана васасе лъикIаб тарбия кьезе ва исламияб гIелмуялъул лъай щвезабизе. Гьев кьуна Къуръанги ва исламияб диналъул аслабиги лъазаризе росдал мадрасалде, ай анкьго сон байдал. ГьитIинго ХIажияв ватIалъана эбел-инсудасаги.

 

Мадрасалда гьесда цадахъ цIалулев вукIана Гъазигъумекиса ГIабдулагь абулев вас. Нусгоялдаса цIикIкIун мадрасалда цIалулел мутагIилзабазда гьоркьоса, ХIажиявги тIаса вищун, ГIабдулагьица гьесда гьарана цадахъ вилъаян исламияб гIелму тIалаб гьабизе. Гьедин гьел ана Муса-хIажил мадрасалде, Лак округалъул Кукни росулъе.

Гьенив цIалана щуго соналъ Сайфула-къадиясул васазда цадахъ, гьелгун цадахъ ХIажиявги щолаан Сайфула-къадиясул рокъове. Цо нухалъ Сайфула-къадияс жиндирго вас ХIусайнида абуна: «ХIажиясул нур тIибитIизе буго Дагъистаналда ва гьеб тун къватIибги», - ян.

Гьелдаса хадуб гьев цIалана Гъоркьияб Гъазданущиб ва Сугъралъ росабалъ. ЛъагIелгун бащдаб бана Хубар росулъ имамлъун вукIарав ТIагьир-хIажиясда цеве цIалулагоги. Ахиралдаги гьев цIалана Хубаралдаса гIалим Баймурзада цеве.

ХIажиясда гъваридго ва камилго лъалеб букIана исламияб гIелмуялъул батIи-батIиял бутIаби: тафсир, хIадисал, мантIикъ, нахIви, сарф, балагъат, тассавуф, гIилмул фараиз, тажвид. Гьел гурелги гьесда лъикI лъалаан философия, история, математика, астрономия.

Гьесул лъаялъул бицун цо хIужаги рехселин. 1953 соналъул хасалихъе, МахIачхъалаялде, жиндирго гьалмагъ Ацал МухIамагIамгун цадахъ картошка бичизе рачIарал гьел, нижехъе сордо базе гьоболъухъе рачIун рукIана. ДГУялъул историялъул факультеталда киналго предметазе «5» къиматалда цIалулев вукIарав дидаса цIикIкIун лъалеб батана гьесда цебесеб дунялалъул хIакъикъияб тарих.

МагIарул гуребги, ХIажиясда лъалеб букIана гIараб, турк, лъарагI, тумазул, перс ва гIурус мацIал.

ГIалим Ибрагьим-хIажиясдаги гьарун, гьесул мадрасалда ХIажияв хIалтIана лъагIелгун бащдаб соналъ Ставраполь краялъул МусахIаживал росулъ. Гьениса ХIажияв вачIана жиндирго росулъе.

1925 соналъ ХIажияс ЧIикIаб рагьана мадраса ва гьенив цIалулев вукIана 45 мутагIил. Цогидал гIалимзабаздего гIадин, араб гIасруялъул 30-абилел соназ гьесдеги хIукуматалъул идарабаз тIадецуй гьабулеб букIана. Амма ТIадегIанав Аллагьас гьев цIунана.

КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда ХIажияс гIахьаллъи гьабуна захIматалъул фронталда.

ГIемерисел гIалимзаби тIагIинарун хадуб, Якъубил ХIажиявги гьесул гьудул, гIалим ПатIал ХIажиявги рукIана росдал гIадамал шаргIияб нухдасан рачунел чагIи. ХIажияв вукIана Советияб конституциялъул закон кьочIоеги босун, диниял чагIазул къокъаги гIуцIун, мажгит рагьизелъун къеркьолевги. Амма гьев мурадалде щвезе течIо.

60-абилел соназ ХIажияс, хIин-къичIого, исламияб гIелму малъулеб букIана жиндирго рокъоб.

70-абилел соназ СагIид-афандиясул тIоцевесев мугIалимги Якъубил ХIажияв вукIана.

Кинабго исламалъул динияб иш гьес гьабулеб букIана къвакIараб низамги цIунун, истикъаматалда. Аварагасул ﷺ суннат кквезе кидаго жигар бахъулаан. ГIумруялда жаниб суннатал какалги рачIого течIо.

ТаравихIазул какал ралаан жамагIатги гьабун, рокъоб. Рогьалил как базегIан, сардилъ тIадеги вахъун, 12 ракагIатги гьабун тагьажудалъул как балаан.

Рогьалил как балеб букIана хъизан-лъималгун цадахъ, жамагIатги гьабун. Как бан хадуб цIалулаан Къуръан, Ишракъ, Далаил хайрат.

ХIажияв вачунев вукIана 50-абилел соназ Северияб Кавказалъул Динияб идараялъул муфти М. Къурбановас Буйнакскиялде, цадахъ хIалтIизе. ХIажиясе жиндирго росуги ва гьелъул жамагIатги цIакъ бокьулаан. Гьел рехун тезе бокьичIого, гьес инкар гьабуна. Гьебго гIиллаялда бан гьев разилъичIо Хасавюрталде инеги, хIалтIизе вачунев вукIараб мехалъ.

ХIажиясул рукIана гIемерал лъимал. ГьитIинго гьелги хун нахъе хутIана лъабго васги цо ясги. Гьезиеги гьес кьуна берцинаб тарбия, гIелмияб лъай.

БетIербахъи гьабулеб букIана боцIи-панзги хьихьун, хурги бекьун, тIагъралги гьарун.

Нусго сонил ригьалдеги вахун, 1990-абилеб соналъ Якъубил ХIажияв накълулъана.

 

 

Насрула Абакаров, ЦIияб ЧIикаб росу

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...