Аслияб гьумералде

Иманалъул щулалъи

Иманалъул щулалъи

Иманалъул щулалъи

Румазулгун ккараб гъазаваталда, машгьурав асхIаб, ХIузайфатил вас ГIабдуллагь кверде восана Аллагьасул тушбабаз. Гьев ханасухъе вачана ва ханас гьесда абуна:

 

«Исламги тун нижер диналде вачIани, дица дир магIишаталъул цо бутIаги, чIужулъун дирго ясги кьела», - ян.

«Дур тIолабго буголъи, хIатта тIаде гIарабазул кинабго бечелъи кьуниги цо лахIзаталъ дица МухIаммадил дин таралъухъ, дица нужер гьари къабул гьабуларо», - ян жаваб кьуна ХIузайфатил вас ГIабдуллагьица.

Ханас буюрухъ кьуна ГIабдуллагь къадада цеве чIезавеян ва дандритIун чIорбутIчагIиги чIезаруна. Цинги ханас амру гьабуна чIорал речIчIеян, гьесда щвеларедухъ. Гьев хIинкъизе.

Байбихьана чIорал речIчIизе ва щибаб нухалда ханас асхIабасда гьарулеб букIана насранияб дин босеян. Амма ГIабдуллагьида къуркьизе ракIалда букIинчIо.

Гьесул къвакIи бихьидал, ханас амру гьабуна вичеян ва гьалделеб бугеб хьагиниве рехеян. Цин ханасул буюрухъалдалъун цоги бусурбанчи рехана гьениве. Гьеб мехалдаги ГIабдуллагь къуркьичIо.

Кваразги вухьун хьагиниве виччалаго, ГIабдуллагьил магIу гирана. Гьеб бихьарав ханасда ракIалде ккана асхIаб тамахлъанин ва амру гьабуна нахъе восеян. Цинги ханас гьикъана щайин гIодулев вугевилан абун.

ГIабдуллагьица абуна, хьагиниве валагьидал ракIалде щванин дирго черх, гьеб цохIо букIин. Гьелъ къварилъизеги бачIанин абун.

«Дие бокьилаан дир черхалда бугеб рас рикIкIун къаркъала букIине, дица гьел киналго Аллагьасул нухда хвезаризе рукIине», - абун.

Бахьикъосарав ханасда бичIчIана асхIабасул иман кьуругIан щулияб букIин ва гьес абуна:

- Дир ботIрода убач гьабуни, дица мун тархъан гьавила, - ян.

- Дида цадахъ ругел бусурбабиги риччани, гьабила, - ян жаваб кьуна ГIабдуллагьица. ЛъикI бугинги абун, разилъана ханги.

ГIабдуллагьица ханасул ботIрода убач гьабуна ва ханас киналго асирал тархъан гьаруна.

Цинги киналго Мадинаялде нахъруссана.

Аварагасул ﷺ халифа ГIумар-асхIабасда рагIана гьеб лъугьа-бахъин. Цинги ГIумар-асхIабас абуна:

«Жакъа тIолалго бусурбабазда тIадаб буго ХIузайфатил вас ГIабдуллагьил ботIрода убач гьабизе», - ян.

Ва тIоцебе жинцагоги гьабуна.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...